7


  • Учителю
  • Классный час на тему: «Рахьдал мац1алъул къо»

Классный час на тему: «Рахьдал мац1алъул къо»

Автор публикации:
Дата публикации:
Краткое описание:
предварительный просмотр материала

21 февраль-рахьдал мац1алъул къо.

(2016 сон)

Салам кьей

Чан г1асрабаз абураб

Г1адамаца гьаб раг1и.

Чан г1елазда раг1араб

Г1агараб гьеб цо калам.



Муг1рул т1огьал мах1 бугеб,

Т1ок1араб лъел кьер бугеб,

Кьурул борхалъи бугеб,

К1к1алал гъварилъи бугеб,



Гъорлъ адабги, х1урматги,

Х1еренлъиги г1емераб

Г1емерал миллатазда

Мац1 лъач1ого бич1ч1улеб



Божилъиги, рокьиги

Рек1елъ бугеб хиялги

Халкъалъул гьудуллъиги

Гьуршун баян гьабулеб



Гьимулаго гьумергун,

Гьоболас вач1ун кьолеб,

Вач1арасе т1оцебе

Харбие кьуч1 т1амулеб,



Т1олго вацлъиялъего

Умумуз ирслъун тараб

Кьолеб буго нужое

Маг1на гъваридаб Салам.



Лъик1 щварал маг1арулал

Авар мац1алъул гъасде

Лъик1 рач1арал ракь цоял

Бокьулеб гьаб сверуде.



Салам гьалбадериде

Гор сверуде рач1арал

Умумузул г1адатги

Г1амалги чорхолъ бугел.

</ -Ассаламу г1алайкум, хириял ц1алдохъаби,муг1алимзаби ва т1аде рач1арал гьалбал. Баркула нужеда «Рахьдал мац1алъул къо». Щибаб соналда, 21 февралалда т1олабго халкъалъ к1одо гьабула гьаб байрам. Кьейги киназего чорхое сахлъи, талих1, рохел ва халатаб г1умру. Ц1уне хириял ц1алдохъаби, нилъерго рахьдал мац1! Мац1 гьеч1они,гьеч1о миллат! Метер маг1арул мац1 хвезе батани,хваги дун жакъаго жаниб рак1 кьвагьун.

Нилъ ккола маг1арулал. Цойгидал халкъаз нилъеда абула аварал абун. Дагъистаналда ругел 40-г1анасел мац1азда гъорлъ маг1арул мац1 бицунел г1адамазул къадар бищунго ц1ик1к1араб буго. Гьезул г1ага-шагарго 800 000 г1анасев чи вуго. Г1алимзабаз ч1езабун буго цо кидаялиго Дагъистаналда ругел г1емерисел халкъазул цого мац1 бук1ин. Заман анаг1ан гьеб бикь-бикьун, бат1и-бат1иял мац1азде сверун буго. Ц1уне,хириял ц1алдохъаби, нилъерго рахьдал мац1! Дунялалда т1ад бищун берцинаб мац1!





Маг1арулазулги Дагъистаналъулги талих1 буго Расул Х1амзатов,Фазу Г1алиева,Инхоса Г1алих1ажияв,Ц1адаса Х1амзат,Муса Мух1амадов г1адал хъвадарухъаби,шаг1ирзаби дунялалда т1ад рахъин.Гьел ккола унго-унго маг1арул мац1ги,ц1арги,ц1ваги ц1унарал раг1ул устарзаби.

Расулица хъвалеб буго:

-Мац1 лъач1ого,гьабич1ого гьаб дунял.

Раг1и бук1инч1ебани дунял гьадинаб бук1инароан.

Мац1 лъач1ого,кеч1 гьаби, лъим лъач1ого,г1урулъе лъугьин буго.



Щивасул жиндирго мац1ги жиндирго ц1ваги буго. Дир мац1-гьеб маг1арул мац1 буго. Гьеб дие бокьула.Бокьула гьит1инаб халкъалъул г1агараб мац1.Г1адамазе жидерго мац1 хирияб бугин абулеб жо ккола эбел-инсуе лъималги лъималазе эбел-эменги хириял ругин абураб г1адаб жо.

Мац1 чияс т1абиг1ат ц1унулеб г1адин ,ц1унизе ккола.

Лъаларо, Мух1амад, цогиязул иш,

Амма дица дирго рахъалъ абила

Метер маг1арул мац1 хвезе батани,

Хвайги дун жакъаго жаниб рак1 кьвагьун.





Классный час на тему: «Рахьдал мац1алъул къо»





Дие кинидахъ кеч1 ах1ана муг1руз

Маг1арул мац1алда маг1арул росулъ.

Босана дица гьеб дидаго цадахъ

Дунялалъул нухал рахунеб мехалъ.

Дица авар мац1алъ ах1ана сарин,

Сири базабуна гьелъ дир черхалда.

Черх щиб жо? Чархида ккуна раг1аби,

Маг1арул мац1алъул ц1а пирхиледухъ.





Маг1арулазул калам, аваразул музыка.

Кирехун щвананиги, бокьулеб куц раг1изе.

Маг1арул мац1 лъалезе, гьеб мац1алъул пасих1лъи.

Маг1арухъ рижаразе гьеб мац1алъул гьуинлъи.

Мах1мудил пасих1лъи, гьесул х1асралъи,

Бидулъ къаламги ччун,гьарурал куч1дул,

Гьаб нилъер маг1арул мац1алъ киниги,

Киданиги дида рич1ч1изе гьеч1о.



(Кеч1 ах1изе «Рахьдал мац1»)





Дир т1алъи, дир муг1рул,дида гьикъич1о,

Кив гьавизе дуе бокьилебилан;

Мац1 малъулеб мехалъ дида ц1ехеч1о,

Кинаб халкъалъул мац1 дуе кьелебан.

Ц1умаз бусен лъолеб кьурул сверабалъ

Кьуна дие г1умру дунял гьабизе.

Кьурдасан риччалел гьарчазул г1адаб,

Малъана авар мац1 куч1дул ах1изе.





Т1олабго Дагъистаналъулго г1адин,маг1арулазулги буго бечедаб тарих. Маг1арулазул ч1ух1и-Шамил имам.Шамилил бет1ерлъиялда гъоркь пачаясул аскаразде данде рагъана маг1арулал Кавказалъул рагъул соназ.

Гьаниб щибаб росулъ, росабийищ гьал-

Хасаб г1адат буго, хасаб мац1 буго.

Гъунибги,Хунзахъги,Г1андибги,Ч1охъги,

Г1аламат, жидерго бакъан-кеч1 буго.

Амма кив щваниги, намусги ях1ги,

Рух1алдаса цебе гьабулеб буго.

Гьалмагъасе г1оло маян рух1 кьезе

Маг1арул г1адамал х1адурал руго.



Жиндирго Ват1аналъе г1оло Генуса Шамилица гьабураб къеркьеялъул ц1ар т1ибит1ана дунялалда т1адго. 25 соналъ багъана Дагъистаналъул халкъ Шамилил бет1ерлъиялда гъоркь. «Эркенлъи, ялъуни хвел!»-гьеле Шамилил рагъухъабазул гьа.

Т1ок1аб жо к1варич1о, Ах1улгох1алда

Имам Шамил щиван ц1ехе цо нухалъ.

Цинги бокьанани, хвалчада гьикъе

Хъах1аб чалма ккурав чиясул хабар… Р.Х1.



Классный час на тему: «Рахьдал мац1алъул къо»

Классный час на тему: «Рахьдал мац1алъул къо»







Дагъистаналда.

Фазу ГIалиева.



Рорхатал мугIруца жаниб бачараб,

Гъваридал кIкIалабаз сангар тIамураб,

ТIогьол байдабаца берцин гьабураб,

Дие мун бокьула, дир ракь Дагъистан.

Рагъул бахIарзаца чIухIизабураб,

ХIалтIул бахIарзаца гвангъизабураб,

Лауреатазул цIарал цIикIкIараб,

Дие мун бокьула, дир ракь Дагъистан.

Эркенаб законалъ тIегьан бачIунеб,

МагIарул ясазул гIумру гвангъараб,

Инсанасул талихI тIегьараб ВатIан,

Дие мун бокьула, дир ракь Дагъистан.



Классный час на тему: «Рахьдал мац1алъул къо»





Классный час на тему: «Рахьдал мац1алъул къо»

МугIалим.

Фазу ГIалиева.

(Поэмаялъул 6 абилеб бетIер)

Дуеги ,мугIалим, гIумруялъул нух

ГIурччинго тIегьараб авлахъ букIинчIо.

Улкадул халкъалъул къварилъи, ургъел

Гъугъан бахъун ана дурги рекIелъан.



Рагъ букIана нилъер гIахьалаб балагь,

Бергьенлъи яги хвел тIаса бищулеб.

Гьенибги бихьана мунцо кучIдул хъван,

Цойгияб гьабулев шагIир гуревлъи.



Дуца цойгидазде гьабулеб хитIаб

ТIоцебе дур васаз тIубазабуна.

Бищун цере рагъде унезда гьоркьор,

«Эмен, къо лъикI» - абун, гьелги къачIана.



Даимаб судигун свин гьечIел ругънал

Рагъулаб кьвагьиялъ дудаги тана.

Рагъдаса буссинчIеб кIиго хъергъуялъ

КIиго бухIидул цIа дулъги бакана.



Гьединан батила, дуда гъваридго

Биччараб щивасул камигун балагь;

Берзул магIуялъулъ рагIаби лъедон,

Рагъул кучIдул дуца камилго хъварал.





Абула, бищунго пашманав инсан-

Васасул хобалде тIаде къуларав

Херав эмен вугин, гьесде хъвалеб ракь

Бахъун тIутIун унеб инсул ракI бугин.



Дудаги бихьана гьеб захIматаб къо,

Дурго квералъ хабалъ хазина лъурав;

Рагъул байданалда щапарав лачен,

Балашов шагьар тун, къватIив вукъарав.



Рокъове вачIиндал къваридаб хабар,

Ругъналъ къаламги ччун, кочIолъ рехсарав;

Хирияй ПатIида зигараги бан,

ГьитIинаб лъимер лъун мунго гIодарав.



Севастополалъул цIадулаб зодихъ

ЦIарги тун, Ахилчи хутIана ралъдалъ

ЦIар лъаларев солдат гьев улкаялда

Улкаго чIухIараб канлъулъ жувана.



Гьединал васазе нилъер гIадамаз

ГIасрабаз сунарел цIаял ракана.

Кремлидал ахикь халкъалъ гьезие

Гьайбатал тIугьдузул квацIаби лъола…



Дир кучIдул рагIидал цо магIарулав

ГIодове къулана, дагьалъ ургъана,

Гьел рукIинчIелгIанги рагIи абичIо,

Дир мугIалимасул хабар бицана.



Нужеда гъорлъ жеги ХIамзат гIадинав

ХIалкIояб кечI хъвалев шагIир вахъинчIин;

Кици - биценалъе цоцахъе кьечIеб

Цо мухъ гьечIин досул, цIорон хутIараб.



Дие гьеб букIинчIо балъголъи, хIикмат,

Дир кучIдул какараб каламгун жаваб,

Киданиги дида ракIалде ккечIо,

Дир мугIалим, дуда дун бащалъилин.



Щибал анищазул щварал хьулазул

Рахине кIолареб борхалъи буго;

МоцIрода сверизе дир къасд кканиги,

Бакъуда рещтIине кIолареб лъала.







Амма гьелъул канлъи, камилаб хинлъи

Каранлъ къалъичIони къойил - дун хола

Бакъул тIадегIанлъи ракьуе гIанги

Дие хIажат руго, ХIамзат, дур кучIдул.



Дица щибаб къойил анцI-анцI нухалда

Дур хабада цебе свери бахъула.

Буртина тIад барал дур гъуждуздасан

МугIруздасан гIадин баккуларо гьел.



Дир хъахIлъулеб бетIер гIодой къулула,

МагIу хулун уна дир канал бералъ.

Дур ЦIадаса ХIамзат, цIадул цо кIунчIи

Дир кучIдулъ батани, дудасан буго.



Классный час на тему: «Рахьдал мац1алъул къо»Классный час на тему: «Рахьдал мац1алъул къо»Классный час на тему: «Рахьдал мац1алъул къо»Классный час на тему: «Рахьдал мац1алъул къо»





Классный час на тему: «Рахьдал мац1алъул къо»Классный час на тему: «Рахьдал мац1алъул къо»Классный час на тему: «Рахьдал мац1алъул къо»

Классный час на тему: «Рахьдал мац1алъул къо»

Фазу ГIалиева.

(1932-2016)

Дагъистаналъул халкъияй поэтесса Фазу ГIалиевалъ нилъер адабияталда жаниб хIурматияб бакI ккола. Гьей ккола шагIир, прозаик, хъвана пьесаби, романал, къисаби, поэмаби, шигIраби.

Фазуе гIагарал руго хъизан-рукъалъул, гIадамазул гьоркьорлъабазул, захIматалъул, яхI-намусалъул темаби. Гьелъул асаразулъ бессараб буго гьитIинав инсан гIалимлъун, гIакъиллъун, бахIарчилъун, жигарчилъун ва киналдего тIаде яхI-намус бечедав, бищунго къваригIарал ругин эбел-инсулг ьитIинго щварал дарсал абураб пикру.

Фазу ГIалиева гьаюна 1932 абилеб соналъ Хунзахъ районалъул Гиничукь росулъ хъулухъ чиясул хъизаналъе. Эмен хеккого нагагьаб бапагьалдалъун хвана. Хъвазе-цIализе лъаларей гIолохъанай эбел хутIана ункъо бесдал лъимергун. БичIчIизе захIматаб жо гуро Фазул лъимерлъи бигьаяб букIинчIеблъи.Эбел гIемерал соназ хIалтIана Хунзахъ райбольницаялда санитаркалъун. ГIемераб къо хIехьон, КIудияб ВатIанияб рагъул захIматал соназдаги ва рагъдаса хадусел, чIунтараб магIишат борхизабулел соназдаги хьихьана эбелалъ жиндирго бесдалал. Эбелалъул гIумру дарслъун ккана гьитIинай Фазуе. Цудунго бижана йикIинесей шагIиралъул рекIелъ захIматалде гъираги, захIмат бокьулезде адабияб бербалагьиги. Эбелалъул яхIги намусги бичIчIидалин Фазуца «Бесдалазул эбел» абураб поэмаялде хъвалеб бугеб:

Дир ралъад гIадинай гъваридай эбел,

Дир гIазул хъап гIадай тIадагьай эбел,

Дир тIогьолщуб гIадай щущарай эбел,

Дир щарил нах гIадай хIеренай эбел,

………………………………………………………….

Ургъелккоге дуда, дур бесдалаца

Дур малъараб тезе гьечIо кидаго.

Фазу цIалана Хунзахъ районалъул ГIараниб гьоркьохъеб школалда, лъугIизабуна М.Горькил цIаралда бугеб Литературияб институт. Чанго соналъ хIалтIана Дагъучпедгизалъул редакторлъун, хIалтIулей йиго «Дагъистаналъул чIужугIадан» журналалъул бетIерай редакторлъун. Аслияб хъулухъалда цадахъ Фазу ГIалиевалъ тIурала батIи-батIиял тIадкъаялги.

Хъвадаризе Фазуца байбихьана гьитIинго, тIоцере хъвана кучIдул, къватIибе биччана кучIдузул мажмуг1 «ГIагараб росу»(1959). Хадурго магIарул ва гIурус мацIазда басмаялде рахъана гIемерал кучIдузул мажмугIал: «Нур бикьулеб буго» (1963), «АнцIила микьабилеб их»(1968), «МугIрузул закон» (1971), «Борхалъи»(1981) ваг ь.ц.

Прозаялдалъун хъварал ГIалиевалъул асаразда гьоркьор дагьалг ьечIо магIарулаз гъираялда цIалулел ва хIурматалда къабул гьарулел. ГIолохъанаб гIелалъ «кIудияб» гIумруялде гъорлъе тIамулел галабазул бицуна «Къисмат» абураб къисаялъ (1965); тIабигIаталъ инсанасе кьураб эбелаб ракьалде бугеб рокьиялъулги, ракьалда цебе инсанасул бугеб жавабчилъиялъулги бицун буго «Ракьул гIерекъ гьороца унаро»(1969) абураб романалда; рагъул соназул кьогIлъи тIубан къулчIизе ккарай, амма жиндирго къисматалъе хилиплъичIей магIарулалъул бицун буго «Сапар» (1965)абураб къисаялда; инсанасул махщелалъул, жавабчилъиялъул ва гьунаралдаса бугеб чухIиялъул бицуна «Кьолболмугьру» абураб асаралъги (1973). Лъабкъоабилеб соназда басмаялда рахъарал «Церккураб куц» ва абураб кучIдузул тIахьал поэтессаялъ сайгъат гьарун руго лъималазе.

Дагъистаналъул халкъияв поэт Расул Х1амзатов гьавуна 1923 соналъул 8 сентябралда Хунзахъ районалъул Ц1ада росулъ, машгьурав шаг1ир Х1амзатил хъизамалда. Эбелалда ц1ар бук1ана Хъандулай. Гьел к1иялго рук1ана ц1акъ г1адамал хириял, махсара хоч1 бокьулел, рак1бац1ц1адал маг1арулал. Эбел-инсул хасият-г1амал васасул чорхолъги, бидулъги, рек1елъги бессич1ого хут1ич1о.

Классный час на тему: «Рахьдал мац1алъул къо»

Т1абиг1аталъги т1адег1анав бет1ергьанасги Расулие кьуна къанаг1атаб ва х1икматаб гьунар, бергьараб к1алзул пасих1лъи, рек1ел ц1одорлъи; живго гивго гьит1инаб мехалъ ва г1олохъанлъуда дагьав хехдарулев, ц1акъго рак1 г1анч1ав, г1орхъолъа ун г1адамазда божулев чи вук1аниги, Расулил вахъана к1удияв шаг1ир, гьесул асараз рохел щвезабуна, маг1арулазе гуребги, дунялалъулго миллионал г1адамазе.

Жиндирго г1умруялъул аслияб мурад Расулица баян гьабуна коч1ол ункъо мухъалдалъун:

Рорхатал ц1вабзазде сухъмахъал гьарун,

Гьенире ракетал роржаян абе.

Бищун т1адег1анал, г1агарал ц1ваби-

Г1адамазухъе щвей буго дир мурад.

Классный час на тему: «Рахьдал мац1алъул къо»

Гьел мухъаз жанибе бачуна к1иго аслияб маг1на: т1оцебе босани, г1адамазул хасият, гьесул рек1ел балъголъаби, анищал, хьулал рагьизе, лъазе бугеб х1асрат, к1иабизе абуни - инсан х1айран гьабиледухъ хъвадаризе бугеб анищ. Т1урана гьел мурадал. Расулие г1адамалги, г1адамазе Расулги цоцазе ц1акъ хириял лъугьана. Шаг1ирасул куч1дул рек1ее бокьухъе г1ужда щвана, гьез хъулухъ гьабуна т1олабго цебе т1ураб инсанияталъе, бец1лъиялде данде рагъ бан, гьайбатлъи ва канлъи к1одо гьабун.

Классный час на тему: «Рахьдал мац1алъул къо»

Расул Х1амзатовасул творчество х1аталдаса ун бечедаб буго. Поэтасул аслиял темабазул цояблъун кола халкъазул вацлъи ва гьудуллъи барки, сахлъи, рекъел. «Сахал чаг1и сах таги, квешал чаг1и квеш таги, киналго маг1арулаз гьедин гьарулеб буго», - гьеле шаг1ирасул гьари. Расул Х1амзатов хвана 2003 соналъул ноябрь моц1алъ, 80 сон т1убайдал.

Классный час на тему: «Рахьдал мац1алъул къо»

Авар мацI

Ноль макьилъ вихьана, кьалда лъукъ-лъукъун,

Кьурда квер чIван унев, бида вецIцIун дун;

Кьуруги батIалъун цеве унаго

Цо лъарал рагIалда гIодов кколев дун.

Лъар чваххулеб буго чабхил кIкIалахъан

Лъин кIанцIулеб буго ганчIазда тIасан;

ТIарамагъадисеб къвал балеб буго,

Къо лъикIилан дица согIаб ракьалда.



Дида лъалеб гьечIо лъил ракь гьабали,

РагIуларо цо сас сверухълъиялда.

ГIицIго борхалъуда цIумал ахIдола,

ГIицIго ахалъуда чундул угьдула.



Гьедин холев вуго, хадур гIодизе

Я гIагарлъи гуро, я гьудул гуро.

Берал къанщулелъул тIаде къулизе

Я йокьулей гьечIо, я чIужу гьечIо.



Классный час на тему: «Рахьдал мац1алъул къо»



Гьале, гьеб мехалда, борхалъудасан

Нухлулазул гьаракь рагIана дида.

Гьез бицунеб буго ах, хур, хералъул,

Исана букIинеб магIишаталъул.



Кьерхен-роцIцIеналъул, боцIи-панзалъул,

Пуланав ХIасанил сихIирлъиялъул…

Гьел кIалъалел руго нилъер гIадатаб,

ГIагараб, бацIцIадаб магIарул мацIалъ.



Дир магIу бачIана бадиса къватIиб,

Къана данде цаби, вахъана тIаде.

Аваразул калам, гьелъул камиллъи!

Кинабго черхалда лъикIлъана ругънал.



Лъаларо, МухIамад, цогиязул иш,

Амма дица дирго рахъалъ абила:

Метер магIарул мацI хвезе батани,

Хваги дун жакъаго жаниб ракI кьвагьун.



Щай дие къваригIун бугеб Дагъистан,

Дир гьаракь бахъани дир лъималахъа?

Щай, дир магIаруллъи, магIарул чагIаз

Чияр мацI бицунеб жидерго гъасда?



Щай дие гьал мугIрул, гIурул рагIалда

ГIагараб магIарул кечI рагIичIони?

Камилаб гьаракьалъ нилъер кьерилаз

Кьурул рагIалда чIун, гьеб ахIулеб куц!



Дун кIудияб пикру гьитIин гьабизе

ГьитIинаб рукIнисан кIалъалев гуро,

Ва пачалихъазул Ассамблеялда

Авар мацIалъе бакI гьарулев гуро.

Амма гьал кьурабалъ улкаялъ рарал

Мактабазда гьеб мацI малъизе ккела.

Гьеб рекъараб буго нилъер халкъалда

Черхалда борчараб рачел киниги.





Гьеб мацIалъ панаяб кечI ахIулаго,

Киниги гьулакги кIикIана нилъер.

Гьаб мацIалъ рукъоса унеб мехалда

Нух битIагийилан абуна улбуз.





Гьанже нухалги тун рукъоре щвейгун,

Щиб, цоги мацIалъиш нилъ гаргадилел?

Дун магIарулазе, гьедин батани,

Бищун ахирияв поэтиш кколев?





МахIмудил пасихIлъи, гьасул хIасралъи,

Бидулъ къаламги ччун гьарурал кучIдул,

Гьел, нилъер магIарул мацIалъ кинигин,

Киданиги дида ричIчIизе гьечIо.





Бокьула, МухIамад, дие гьаб дунял,

Дунялалда бищун гьаб нилъер улка!

Дица кIвараб куцалъ кинабго рахъалъ

КучIдулъ гьеб ахIана, жеги ахIила.





Ва амма батIаго цоги рокьиялъ

Бокьула гIураб ракь, магIарул тIалъи.

Лъаларо кивехун дун хвелевали,

Амма хоб бокьила гьаниб букIине.

Щиб лъалеб, хабада цересан унел

Цо-цо нухлулаца дир хIисаб гьабун,

Гьав нилъер Хмамзатил Расул вугилан,

ХIасратаб магIарул мацIалъ абилеб.

1959



Презентация



Классный час на тему: «Рахьдал мац1алъул къо»



 
 
X

Чтобы скачать данный файл, порекомендуйте его своим друзьям в любой соц. сети.

После этого кнопка ЗАГРУЗКИ станет активной!

Кнопки рекомендации:

загрузить материал