7


  • Учителю
  • План-конспект урока родной литературы на тему Произведения Омаргаджи Шахтаманова

План-конспект урока родной литературы на тему Произведения Омаргаджи Шахтаманова

Автор публикации:
Дата публикации:
Краткое описание:
предварительный просмотр материала





9 классалда авар адабияталъул дарс.

Тема: ГI-ХI. Шахтаманов «Къаралазул гIор».

Дарсил мурад: БитIун ва пасихIго цIалиялъул бажари камил гьаби. Инсан тIабигIаталъул лъимер вукIин ва, лъималаз эбел гIадин, гьеб цIунизе ккей бичIчIизаби. Анализалъул кумекалдалъун цIалдохъабазул гIакълу цIубазаби вагьел тIабигIаталъул берцинлъи бихьизе ругьун гьари. Сипатиял рагIабазул кIваралъул баянлъи гIатIид гьаби.





Дарсил алатал: компьютер, интерактивная доска, суратал, тIахьал.





Эпиграф: Азар-азар мугIрул иццалги цолъун Лъугьана мун гучаб, хехаб КъаралгIор.

ГIорцIизе гьабизе лъаралги чвахун, Кьара гьабуна мун- кIкIалазул айгъир. (М.ГIисаева)

Дарсил ин.

I. Рокъобе кьураб тIадкъай цIехезе

  • ГI. МахIамадил «Саба-Меседо» асаразул кинаб тайпаялде гъорлъе унеб ?

  • Цойги кинал драмиял асарал хъварал гьес?

  • Драма сунда абулеб?

  • Пьесалъул кинаб жанр гьеб кколеб?

  • Трагедиялъул жанралъ щиб загьир гьабулуб?

  • Киб ва кида ккараб лъугьа- бахъин бихьизабулеб бугеб асаралъулъ?

  • Аслиял героял щал кколел?

  1. - Пьесаялъул авторасул пикру киб гIунтIулеб бугеб?

(Автор ваккулев вуго магIарулазул ханлъиялъул некIсияб тарихалде, гIадамазул гIумруялде, пикраби-къасдазде)

- Трагедиялъул къиматаб рахълъун щиб кколеб?

( Тарихияб биценалъул кьучIалда шигIруяб къагIидаялда хъвараб букIин. Гьениб авторас рорхулел масъалаби жакъаги кIвар бугеллъун рукIин)

- Рокъоб хъвазе тIадкъан букIана пьесаялъул гIахьалчагIазул гIамал-хасият, сипат бихьизабулел къокъал баянлъаби

(ЦIализе 2- 3 цIалдохъанас)





3.Асаралда тIаса суалал





- Релъизейищ яги пашманлъизейищ бачIунеб пьеса цIалараб мехалъ

- Текст цIалулаго кинал гьумерал цiаларал нужеца рахiатхун?

-Кинал суалал рорхулел ругел авторас пьесаялда?

-Пьесаялъул сюжеталъулъ кинаб конфликт бугеб?





Сунда сокIкIараб гьеб бугеб?





(Пьесаялда буго чанго къец (конфликт)









Аслияб къец буго ракIбацIцIадай, киназдаго тIад моралияб бергьенлъи босарай Саба- Меседоги гьелъул эмен ГIандуникIидаги,сверухъ бугеб жамагаталдаги гьоркьоб.

Гьеб къец гIуцIцIун буго рокьудаги макруялдаги, эркенлъиялдаги,лагълъиялдаги,лъимадаги эбел - инсудаги гьоркьор кколел къецаздаса.

- Пьесаялъул щиб бакIалдасан байбихьулеб сюжет?

(ТIоцебесеб пардавалдасан)





-Сюжеталъул заваллъун щиб кколеб?

(КIиабилеб пардавалда Саба_ Меседолги Баланурилги гара - чвари )

Пьесаялъул кисан байбихьулеб сюжет бичIчIи?

(Ункъабилеб пардавалъул ахирисеб сценаялда)

Пьесаялъул аслияб тема щиб?

(Рокьул тема ва гьелдехун батIи - батIияб философияб бербалагьи)

Авторасул пикру,идея щиб кколеб?

(Лагълъиялъ инсан гIодовегIан гьавула. Авторас къватиб чIвазабулеб буго халкъазда гьоркьоб бугеб сурукъаб социалияб рикьи. Киналго рижун руго Аллагьас, щивав инсанасе къимат кьезе ккола гьесул гIамал - хасияталъухъ, пагьму- гьунаралъухъ балагьун.





II. ЦIияб дарс баян гьаби

(интерактивная доскаялда дарсил тема, мурад, авторасул цIар, сурат)

  1. Авторасул хIакъалъулъ баянлъи кьезе, творчествоялъул къокъго бицине.

«ГIумар - Хiажи Шахтаманов ккола поэт ва прозаик. Гьавуна 1933 соналъ ЧIарада районалъул Мокъсоб росулъ. 1955 соналъ лъугIизабуна М. Ломоносовасул цIаралда бугеб Москваялъул Пачалихъалъулаб университеталъул журналистазул факультет. ХIалтIана «БагIараб байрахъ» газеталда 1962 соналдаса СССРалъул Хъвадарухъабазул союзалъул член. ТIоцересел кучIдул рахъана

« БагIараб байрахъ» газеталда. 1957 соналъ къватIибе биччана тIоцебесеб тIехь. «НухтIа». Руго гьесул тIахьал «ЦIвабзазул аманат»,

«Эхеде нухда» ва гь.ц. 1972 соналъ ГI- ХI. Шахтамановасе кьуна ДАССРалъул комсомолалъул премия.

ГI-ХI. Шахтаматов хвана 1989 соналъ.

3. Жакьа нилъеца цIалила гьесул «Къаралазул гIор» абураб кечI.

















Словарияб хIалтIи: ТIурада- бакIалъул цIар.

Сангар-электростанциялъул плотина,

ХIасрат - рокьи.

(Дицаго пасихIго цIализе кечI.(интерактивная доскаялда мугIрул гIоразул, Сулахъалъул суратал. ГIисинаб бакъаналъ чIарадисезул хоралъ ахIулеб кечI)

-Адабияталъул кинал тайпаби ругел?

(ГIелмияб, художествияб гь.ц.)





-Художествияб адабияталъул чан тайпа бугеб? Кинал?

(Лъабго. Эпос, лирика, драма)

- Киналде гъорлъе унеб гьаб кечI?





(Лирикаялде гърлъе)

- Кинаб лирика гьаб кочIолъ загьир гьабун бугеб?

(ТIабигIияб лирика)





- Лирикаялда инсанасул жанисеб рухIияб гIумру бихьизабун букIуна. Эпосалде данде ккун лирикаялъе хасиятал рахъаллъун ккола цIикIкIараб пасихIлъи, магIнаялъул хIалуцин, къокълъи, инсанасул рекIел хIал бугеб куцалъ бихьизаби. Лирикаялда нилъеда батула рохел, къварилъи, разилъи, ццидахин, пашманлъи загьир гьабун. Лирикаялъул гIумру бихьизабула шагIирасул рекIел хIалаздалъун. Эркенаб, аваданаб гIумруялъ щагIир тIамула рохалил кучIдул гьаризе, къваридаб, гIазабаб гIумруялъ- пашманал . Гьелъие мисаллъун руго ЯтимЭминил, Йирчи Гъазахъил, Батырайил, МахIмудил асарал.





- Кинаб рекIел хIал бихьизабун бугеб гьаб кочIоца?

( рохел, ВатIаналде рокьи, чIухIи)

- МугIрузул районаздаса чвахун лъугьунеб гIоралда цIар щиб?

( Сулахъ)

- Кинал гIорал цолъун лъугьунеб Сулахъ?

( ГIандигIор ва АваргIор)

-Щиб пайда бугеб гIоразул?

(лъим гьечIого гIумру букIунаро дуналалда, гIоразда рарал ГЭСаз гIадамазе ток кьола, тIабигIат берцин гьабула)

-Кинал электростанциял ран ругел Сулахъалда?

( ЧIакIаб ГЭС, Миякьу ГЭС, Игьалиб ГЭС, Чирюрт ГЭС. (Интерактивная доскаялда ГЭСазул суратал)





Цо-цо куплет ккун цIалдохъабаз цIализе кечI.





- ТIоцебесеб куплеталъулъ кинал сипатиял элементал хIалтIизарун ругел?

( Дандекквей: инсухъе вас гIадин, эпитет-чалухъаб, метафора- чIагояб жанавар гIадин гъулгъудилаго)





-КIиабилеб куплеталъулъ авторас лъиде хитIаб гьабулеб бугеб?





( Гьев кIалъалев вуго магIарухъа чиясде тамашалъугеян бакъан рагIани.

ГIоралъ цадахъ унеб бугин чIарадисезул кечI. Киналго магIарулазда лъала кечI ахIизе чIарадисел цIакъал рукIин. ХIалтIизарун руго сипатиял рагIаби-эпитетал, чIухIаб, хIасратаб.)

















-Лъабабилеб куплеталда авторас щиб баян гьабулеб бугеб?





( Гьеб куплеталъулъ авторас бицунеб буго гIадамас сангарал ран, халкъалъе канлъи кьезе ругьун гьабун бугин гIор, амма гьеб гIодобе буссун гьечIо, бекерулеб буго цебехун.)









- Ункъабилеб ва щуабилеб куплеталда шагIир тIабигIаталдехун кIалъалев вуго чIагояб, рухI бугеб, мацI лъалеб жоялде гIадин. Гьес гьарулеб буго мугIрузул хасият, яхI, рокьи цIунеян. Цойги гIоралгун цолъеян. Авторас бичIчIизабулеб буго сундулъго цолъи, гьудуллъи-гьеб къуват бугин. Гьанибги авторас хIалтIизабун буго магIнаялъул рахъалъ дандекквеялде гIагараб олицетворение.





-Сунда абулеб олицетворенияйин?





( гьеб ккола чIагоял гурел предметазе гIунтIизарулел чIагоял жалазул хасиятал, гIамалал)





- Кинаб наклонениялъул глаголал хIалтIизарун ругел 4-5 куплетазда?





( тIалабияб наклонениялъул : къуркьуге, чвахе, а, босе гь.ц)





- Чан гьижаялда хъван бугеб кечI?

  1. гьиж.)

III. ТIехьгун хIалтIи.

КIиго - лъабго цIалдохъанас пасихIго кечI цIализе.

Жавабазухъ кьиматал лъезе.

IV.Рокьоб хIалтIи.

КечI рекIехъе лъазабизе

</ Дарсил ахиралда ЧIарадисезул хоралъ ахIулеб кочIохъ гIенеккизе.







 
 
X

Чтобы скачать данный файл, порекомендуйте его своим друзьям в любой соц. сети.

После этого кнопка ЗАГРУЗКИ станет активной!

Кнопки рекомендации:

загрузить материал