7


  • Учителю
  • Урок родного(аварского) языка в 5 классе по теме: Лев и заяц

Урок родного(аварского) языка в 5 классе по теме: Лев и заяц

Автор публикации:
Дата публикации:
Краткое описание:
предварительный просмотр материала

</<font face="Times New Roman, serif">Авар литературиялъул дарс 5 классалда

Дарсил тема: «ГIалбацIги ГIанкIги» ЦIадаса ХIамзат

Учитель аварского языка МКОУ «Раздольевская СОШ»

Абдулхаликов Магомед Валимагомедович

Дарсил мурад:

  1. КочIодалъун хъвараб асар битIун, рагIун, чвахун цIализе цIалдохъаби ругьун гьари.

  2. Микьго гьижаяялъун кочIол гIуцIиялъе авалияб боян кьей ва аллитерациягун лъай-хъвай гьаби.

  3. ГIадатаб анализалъул кумекалдалъун зулмучиясул ахир хвеялдалъун лъугъулеблъи-маргьаялъул аслияб магIна бугIиналда лъимал хадургъезари.

  4. Халкъиял маргьабаздаса литературиял маргьабазул батIалъи баян гьаби.

Дарсил ин.

1) Учителасул цеберагIи: гьанжелъагIан нилъеца малъана халкъиял маргьаби, кучIдул, кицаби, абиял ва бицанкIаби. Жакъа нилъеца малъулеб буго киназего хирияв Дагъистаналъул халкъияв поэт, аваразул гьанжесеб литератураялъе кьучI лъурав ва гьеб гучалда цебетIезабурав рагIул устар ЦIадаса ХIамзатица лъималазе кочIодалъун хъвараб «ГIалбацIги ГIанкIги» абураб маргьа.

2)Учителас рагьула цебеккунго доскаялда яги цадах босулеб хъарщиялда хъвараб темаги, битIун цIализе ва баян кьезе кколел рагIабиги.

- ТIобитIула словарияб хIалтIи.

(Лъималаз гьел рагIаби жидеего словариказда хъвала.

-Баян кьезе: бахьин-хъахIаб; хIал-зулмуялда-гIазабалда,руккел; гъола-данделъула(собирались); пурман- изну(разрешение); парчахI-хан; можоро - гIучIбахъи(жребий); кIичIбитIи-хIиллаялъе ургъи; гъванщуяб - рекIкIаб(подлый); тIепун- квачIазда бегун; гъара-зулму, хIал; загIфираналъ -помадаялъ; гIанграл-гIисинал бацIал(шакалы); зарбал - махмар- парча; бацIитIагърал-гIангурбацIал(шуты); айгъураб-макруяб, сихруяб.

- БитIун цIализе: квен, щварал, хьвадулеб, къварилъиялда, гъалбацIалдаса, ханасдаса, ханасе, жидер, хIутI-хъумур, билълъун, рехун, рохун, цIабуцIана, лъугьана, нилъер, чIун, чIараб, цадахъ, цIалдохъаби, цIал-цIал,….

3) Учителасул маслияб цIали. (ТIолабго маргьа цIалила лъалхъичIого, пасихIго, хехлъичIого)

4)Цо-кIиго минуталъ рагIараб маргьаялъул пикруялда цIалдохъабиги тун, хадуб хIасилалда тIад хIалтIила. (Суалал къела классалъего)

- Маргьаялъул аслиял героял щал?

- Бищунго хьинкъаб гIалхъул хIайван щибха колеб?

- ГIалбацIилги ГIанкIилги кинаб бергьинабулеб бугеб авторас?

- ГIалхъул хIайваназул гIумру гьабулеб бакI кинаб букIараб?

- Сунца гьезул гIумру къокълъизабун букIараб?......

5) Учителас иргадал гьал суалал кьела.

ЦIалдохъабаз щибалъе жаваблъун кколел куплетал ратила ва, цо-кIигоясда цIализабун, битIун бугищали хал гьабила.

- ХIутI- хъумуралъ гIумру гьабулеб бакI кинаб букIараб?

- Гьезие сундул къварилъи букIараб?(2-3 куплет)

-ЦIакъго хIал-зулмубергьараб мехалъ, хIутI-хъумуралъ щиб хIукIму гьабураб? (4-9 куплет)

-ГIалбацI кин хьихьулеб букIараб? (10 куплет)

-Хвел тIаде щвараб мехалъ, ГIанкIица щиб хIилла ургъараб? (12-14 куплет)

- ЦIин бахъараб ГIалбацIалъе ГIанкIица кинаб жаваб кьураб?(16-20 куплет)

- ГIалбацI ццидал цIеялъе гIилла щиб? (жидецаго бицине)

- Ццидаца гьеб сунде бачараб? (21-23 куплет)

6) КочIол роцен чIезабизе тIадкъала. (Жидецаго жидеего бокьараб куплетги босун, гьелъул щибаб мухъилъ чан гьижа (слог) бугебали рикIкIине тIамила)

















7) Учителас хIасил гьабила ва баян кьела магIарул кочIол каламалъулъ аслиял шартIазул цояблъун ккола щибаб мухъилъ ва куплеталда цо ккураб къадаралъул слогал (гьижаби) рукIин. Гьелъ чIезабула цокIалаб чвахи, цо ккураб наку-бакъан. Гьединлъидал кочIодалъун хъвараб асар хоралда цIализе, бокьани ахIизе бегьула. Хабариял асаразул щибаб предложениялда жаниб слогазул къадар батIи-батIиял букIуна.

8) ЦIалдохъаби роцен чIезабулеб рукIаго, учителас доскаялда хвала гьаб кIиго куплет

Ццин бахъараб ГIалбацIалъул

Гъванщил расал хучун уна;

Хапун кIалалъ кIкIвине гIадин,

ГIундул гъуцIун цIабуцIана.

БачIун гIондокь щвантIихги пун,

ЩвартIиялда басандула;

Шурункъверкъалъ, къалиги чIван,

Къеркьелаго гор сверула.

БагIараб мелалъ хъвала, жал такрарлъун, аллитерация лъугьинабулел гьаркьал (хIарпал).

Гъ - гъ, х - х, кI - кIкI, гI - гI, цI -цI - цI, щ - щ - щ, къ - къ - къ.

9)Баян кьовул цIали гIуцIила.

Киналго цIалдохъабазда тIадкъала тIоцебесеб кIиго куплеталде тIаде ралагьизе ва жаваб батизе гьал суалазе:

- ГIалбацI кинаб бугеб? (Кутакаб)

-Кутак сундулъ бихьулеб гьелъул (Чорхол къуваталъулъ)

Лъабабилеб куплеталде рачIина:

- Щай гьелдаса хIутI-хъумур хIинкъулеб? (ЧIвалел рукIун)

-Гьедин цогидал куплетилги.

10)ГIаммаб хIасилалъе суалал:

- ГIалбацIалъул къуват сундулъ бугеб?

ГIанкIил къуват сундулъ бугеб?

Кинаб къуват бергьараб?

Гьелдалъун ХIамзатие абизе бокьараб щиб?

(ГIантав хIаким халкъалъ хIехьоларин, чорхол жаналда мугъги чIван, хIама - багьадурлъи (зулму-хIал) гьабизе бегьуларин гIакълу кьолеб буго)

11) ХIасилалда тIад хIалтIун хадуб, байбихьила маргьаялъул анализ гьабизе.

Анализалъе суалал:

- Гьаб маргьаялда зулмучилъи лъица билълъанхъибулеб бугеб?

- Зулмучиясул ахир кин кколилан бихьизабун бугеб ЦIадаса ХIамзатица?

(- Маргьаялъул аслияб магIна, ай авторасе загьир гьабизе бокьараб пикруги гьеб буго).

-«Зулмучиясда зулмучи гъажалда чIун ватулев» абураб кици гьаб маргьаялъул кинал героязда рекъон кколеб?

- ЦIодорав, гIакъилав чи зулмучилъун вукIуневищ?

- Зулмучи хIакимлъуде ккараб мехалъ, гIумру кинаб букIунилан абулеб бугеб поэтас?

-МагIирукъалъул бакIалда гIалхуда рохалил митинг рагьиялъе гIилла щиб?

- ГъалбацIил кинаб гIамал-хасият авторас какулеб бугеб?

-Кинаб къотIи гьабулеб бугеб ГъалбацIалъги хIайваназги? (Щай гьеб къотIиялде хIайванал разилъулел?)

-Гьанже дунялалда щив вугев халкъалда рихарав зулмучи?

12) Халкъиялда дандеккун, литературияб маргьаялъул батIалъи сундулъ бугеб?

Гьеб батIалъи баян гьабизе гьал хадусел суалазе жавабал кьолаго.

- РакIалде щвезаризин халкъиял маргьабазе хасиятал рахъал (ЛъабцIуллъи, кидагосел(чIагоял) эпителал.

- Гьединаб лъабцIуллъи батулищ нилъеда ЦIадаса ХIамзатил гьаб маргьаялда?(Батуларо)

- Кидагосел (хисуларел) эпителал дандчIвалищ? (ЧIваларо)

Учителас хIасил гьабила:

Авторас хъварал литературиял асаразулъ (маргьабалъ) лъабцIуллъи жавагIатги букIунаро. Гьелъулъ буго литературиял маргьабазул батIалъи.

13) Дарсил хIасил гьабизе ва къиматал къезе.

14) Рокъобе кьела «ГIалхуда бертиналъул»

- 4 куплет рекIехе

- битIун чвахун цIализе лъазе.











 
 
X

Чтобы скачать данный файл, порекомендуйте его своим друзьям в любой соц. сети.

После этого кнопка ЗАГРУЗКИ станет активной!

Кнопки рекомендации:

загрузить материал