7


Уроки аварского языка 3 кл

Автор публикации:
Дата публикации:
Краткое описание:
предварительный просмотр материала

Авар мацIалъул дарсал

(3 класс)



КIиабилеб классалда малъараб материал такрар гьаби

ЦIалул соналъул байбихьуда цебесеб классалда малъараб ма-териал такрар гьабиялъ цIалдохъабазе кумек гьабула, гьелда тIа-сан щвараб лъай цIидасан рекIелъе бачIине гуребги, гьеб гIамм-лъизабизеги ва цо чIванкъотIараб тартибалде, низамалде чIезаби-зеги. Гьелда тIадеги, цебесеб материал такрар гьабиялдалъун кIи-абилеб классалда цIалдохъабазул лъугьараб бажари жеги цебе-тIола.

Учебникалда "Такрар гьаби" абураб темаялда гъорлъ кьун руго цIалдохъабазул кIвар буссинабизе кколел гьал хадусел мацIалъул бутIаби: калам, текст, предложение, рагIи. Гьаниб цIалдохъабазухъа бажаризе ккола гьел тIадехун рихьизарурал бутIабазе мухIканго определение кьезеги ва щвараб лъаялдасан жидерго каламалъул практикаялда пайда босизеги.

III классалъул программаялда цIиял фонетикиял баянал кьун гьечIо, амма такрар гьабизе учебникалда бихьизабураб материа-лалъ квербакъи гьабула рагьарал ва рагьукъал гьаркьал ратIа ра-хъизеги, геминатал ва лабиалиял гьаркьал гъорлъ ругел рагIаби битIун абизеги (цIализеги), гьел рихьизарулел хIарпал мухIканго хъвазеги цIалдохъабазул лъугьараб бажари жеги камиллъизабизе.



  1. дарс

Тема. МацIалъул ва каламалъул бутIа хIисабалда текст, предложение ва рагIи.

Дарсил мурад: гIадамазда гьоркьоб хурхен гьабулеб алат хIисабалда мацIалъул хIакъалъулъ бичIчIи кьей; мацIалъул ва каламалъул бутIабазул хIакъалъулъ авалияб бичIчIи кьей; гьел бутIаби цоцаздаса ратIарахъизеги гьездасан каламалъулъ пайда босизеги цIалдохъабазул бугеб бажари цебетIезаби.



I. Авар мацIалъул хIакъалъулъ байбихьул рагIи. Учебника-лъулгун лъай - хъвай гьаби.

МугIалимас цо кинав вугониги цIалдохъан дарсил цIар доска-ялда битIун ва берцинго хъвазе тIамула.

- Кин нужеда ракIалда кколеб, щай дарсида гьединаб цIар лъун бугеб?

- Кина - кинал мацIазда магIарулал кIалъалел?

МугIалимас абун, гьал хадусел предложениял хъвай: Школал-да цIалдохъабаз авар мацI лъазабула. Гьезие гьеб цIакъго бокьу-ла.

- Лъимал, нужее авар мацI бокьулищ?

- Авар мацI нужее щай бокьулеб? Авар мацIалъул кинаб кIвар бугеб?

- Исана нилъеца авар мацI камилго лъазабизе байбихьула. Рагье учебникал ва гьезулгун лъай - хъвай гьабе.

- Учебник нужее бокьулищ ? Щиб гьениб нужее бокьулеб?

II. ЦIалул масъала цебе лъей.

- Учебникалда бугеб тIоцебесеб разделалъул цIар цIале.

- Такрар гьаби абураб рагIул магIна кин нужеда бичIчIулеб?

Жакъа нилъеца цоги нухалъ каламалъул хIакъалъулъ бицина. Нилъ ругьунлъизе ккола калам предложениязде биххизеги предложениял битIун абизеги хъвазеги.

III. ГIадамазул гIумруялъулъ каламалъул бугеб кIваралъулги кIалзул ва хъвавул каламалъул хаслъабазулги цоги нухалъ бицин.

Сураталдасан текст гIуцIи (№ I)6. Цадахъго ургъизеги ургъун, 3 предложение хъвай, тексталъе цIар кьей.

- ЦIалдохъанасул суал цIале. Гьелъие жаваб кье.

МугIалимас 5 - 6 предложениялдасан гIуцIараб кечI яги хабар цIалула.

- Тексталъулъ сундул бицунеб? (Тексталъул тема баян гьабула).

- Тексталъулъ чан предложение бугеб? (МугIалимас текст цоги нухалъ цIалула).

- Предложениязул къадар кин нужеца чIезабураб? (Щибаб предложениялъулъ цо сундулниги бицуна, щибаб предложениялъул ахиралда гьаракь гIодоцинабула, лъалхъи гьабула).

КочIол куплет хъвала (№ 2) ва предложениязде биххизе лъимал тIамула.

IV. Дарсил хIасил гьаби.

- Дарсида цIияб щиб нужеда лъараб?

- ГIадамазе калам сундуе къваригIун бугеб? (Цоцазда цIиял харбал рицине, цадахъго хIалтIизе, цоцазе кумек гьабизе, цадахъ-го рохел загьир гьабизе).

- Хъвавул калам кIалзулалдасан сундалъун батIалъулеб? Кида нилъеца кIалзул каламалдасан, ва кида хъвавулалдасан пайда босулеб? Мисалал раче.

- Калам сундасан гIуцIун бугеб?

V. Рокъобе хIалтIи (№ 3).



2 дарс

Тема. Предложениялъул хIакъалъулъ бугеб лъай гIаммлъизаби.

Дарсил мурад: ЦIалдохъабазул предложениялъул хIакъалъулъ

бугеб лъай мухIкан гьаби. Хъвавул ва кIалзул каламалъулъ

предложениял цоцаздаса ратIа гьаризе бугеб бажари цебетIезаби.

I. Рокъобе кьураб хIалтIул хал гьаби (№ 3).

II. ЦIалул масъала лъей.

МугIалимас доскаялда хъван бахъараб "Предложение" абураб тема рагьула.

ЦIалдохъабаз гьеб тема, слогалккун рагIун абулаго, доскаялдаса тетрадазда хъвала.

- Предложениялъул хIакъалъулъ щиб нужеда лъалеб? (МугIа-лим цIалдохъабаз кьурал киналго жавабазухъ гIенекула).

- ЦIалдохъанас нужее кинал суалал лъун ругел? (ЦIалдохъа-насул суал учебникалда балагьула ва цIалула.)

- Учебникалда гьеб суалалъе кинаб жаваб кьун бугеб? (ЦIалдо-хъабаз учебникалда предложениялъе кьураб определение балагьула ва цIалула.)

МугIалимас кьураб темаялда тIасан текст гIуцIи. (Кьезе бегьула гьал хадусел темаби: "ГIажаибаб лъугьа - бахъин", "ГIажаибаб дандчIвай", "Дир лъикIав гьалмагъ").

- Щай нужеца гьеб текстлъун рикIкIунеб?

- Тексталъулъ чан предложение бугеб?

- Кин нужеца гьел цоцаздаса ратIа гьарурал?

III. Учебникгун хIалтIи.

РагIиялдаги предложениялдаги гьоркьоб бугеб батIалъи бихьизаби (№ 4).

IV. Текст, предложенияздаги бикьун, хъвай (№ 6). Предложениязда гьоркьоб лъалхъиги гьабун, текст цIали.

VI. Предложениялъул хIакъалъулъ щвараб лъай гIаммлъизаби (№ 7).

VII. Рокъобе хIалтIи (№ 8).



3 дарс

Тема. Текст

Дарсил мурад: цIалдохъабазул тексталъул хаслъиялъул хIа-къалъулъ бугеб бичIчIи мухIкан гьаби; тексталъулъ предложениял битIун хIалтIизариялъул бажари цебетIезаби.

I. Рокъобе кьураб хIалтIул хал гьаби.

II. Дарсил мурад бицин.

ЦIалдохъабаз мугIалимас цебеккунго доскаялда хъвараб кIиго предложение цIалула ( I) Летчикасе ритIучI чIвазе бокьун букIуна. 2) Риидал Рашидил мадугьал шагьаралде ун йикIана.)

- Нужеца хъварал предложенияз текст лъугьинабулищ? (гьабуларо.)

- Щай нужеца гьедин рикIкIунеб? Жакъа нилъеца ракIалде щвезабила щиб жо кколеб текст.

III. Тексталъул хаслъиялъул хIакъалъулъ ракIалде щвезаби. Текст ва ратIатIурал предложениял дандекквей.

1. РатIатIурал предложениязда дандеккун тексталъулъ жиндирго тема букIинги, гьединлъидал гьелда цIар лъезе бегьулеблъиги цIалдохъабазда бичIчIизаби (№ 9).

2. Кьураб темаялда тIасан текст гIуцIи (№ 10).

- Сундул хIакъалъулъ нужеца текст гIуцIизе бугеб? Тексталда лъураб цIар цIале.

МугIалимас цIалдохъаби тIамула жидеда тIадал ишазул хIакъа-лъулъ ракIалде щвезабизе ва гьез гьел кин тIуралел ругелали би-цине. Лъие гьез кумек гьабулеб? Щиб гьезда цIакъ лъикIго бажа-рулеб? Текст кинаб предложениялдаса байбихьизе лъикIаб бугеб, кинаб предложениялдалъун лъугIизабизе бегьулеб?

3. Тексталъул байбихьи цIали, цинги, сураталдеги балагьун, гьеб тIубанго хъван лъугIизаби (№ 11).

IV. Рокъобе хIалтIи (№ 12).



  1. дарс

Тема. Предмет, предметалъул гIаламат ва иш бихьизабулел рагIаби.

Дарсил мурад: РагIул хIакъалъулъги нилъер каламалъулъ гье-лъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъги цIалдохъабазе щвараб лъай мухIкан гьаби. Суалаздалъун ва магIнаялдалъун рагIаби ратIа Ра-хъизеги предложениялъулъ гьел битIун хIалтIизаризеги цIалдохъа-базул бугеб бажари цебетIезаби.

I. Рокъобе кьураб хIалтIул хал гьаби (№ 12). (Цоцазул хIалтIабазул хал гьаби).

II. Дарсил мурад бицине.

- Рокъоре нужеца рагIабаздасан предложениял гIуцIана. Пред-ложениялдаги рагIиялдаги гьоркьоб кинаб батIалъи бугеб? Щиб жо кколеб рагIи? Жакъа нилъеца ракIалде щвезабилин щиб жо кколеб рагIи ва цо рагIи цогиялдаса сундалъун батIалъулеб бугеб.

III. Каламалъул бутIа хIисабалда рагIуда хадуб халкквей.

МугIалимас батIи - батIиял предметал рихьизарула ва гьел абизе цIалдохъаби тIамула.

- Гьел предметал абизе щиб нужеца хIалтIизабураб? (РагIи.)

- Щиб жо кколеб рагIи (Предметалъул цIар).

- РагIуца предметалъул цIар аби гуребги, цоги батIияб хъу-лухъги тIубала. Воре цо, гьал предметазул кина - кинал гIалама-тал ругел? (ГIурччинаб къалам, хъахIаб мел, халатаб ручка ва гь. ц.)

- Гьанже дица гьарулел ищазухъ ралагье. Щиб дица гьабулеб? (кIанцIула, кIутIула, гIодов чIола, тIаде вахъула ва гь. ц.)

- Предметазул гIаламаталги дица гьарурал ишалги абизе щиб нужеца хIалтIизабураб? (РагIи.)

ХIасил гьаби: РагIаби ккола предметазул, гьезул гIаламатазул ва ишазул цIарал.

ТIехьалда бугеб цIалдохъанасул суал балагьи ва гьелъие кьураб жаваб цIали (№ 15).

IV. БатIи - батIиял каламалъул бутIабазул рагIаби ратIа гьаризе ругьун гьариялъул хIалтIи (№ 14).

V. РагIаби тIелазде рикьизе ругьун гьариялъул хIалтIаби (№ № 16, 17).

VI. РагIул хIакъалъулъ бугеб лъай гIаммлъизаби.

- РагIул хIакъалъулъ щиб нужеда лъалеб?

VII. Рокъобе хIалтIи (№ 13).



5 дарс

Тема . Гьаркьал ва хIарпал. Рагьарал ва рагьукъал гьаркьал. Рагьарал хIарпал е, ё, ю, я.

Дарсил мурад: гьаракь ва хIарп, рагьарал ва рагьукъал гьар-кьал цоцаздаса ратIарахъизе бугеб бажари цебетIезаби. Гьаркьалги хIарпалги рагIулъ битIун абиялъул бажари цебетIезаби.

I. Рокъобе кьураб хIалтIул хал гьаби (№ 13).

II. Дарсил тема ва мурад баян гьаби.

ЦIалдохъанас учебникалда лъурал суалазе жавабал ралагьи (№ 20, № 22). ХIасил гьаби: Гьаракь абула ва рагIула. ХIарп хъвала ва бихьула. Рагьарал гьаркьал абулаго, хIухьел эркенго къватIибе уна. Рагьараб гьаракьалъ слог лъугьинабула.

III. Гьаркьал битIун цIализе ругьунлъи. Цо - цо хIарпица цо гьаракь бихьизабулеблъи лъай (№ I9).

IV. РагIаби лъугьинари. Рагьарал гьаркьазда гъоркь хIучч цIай (№ 21).

12 гьумералда кьураб къагIида (правило) цIали ва гьениса мисалал хъвай.

V. Дарсил хIасил гьаби. ЦIалдохъабазе къагIидабазул хIасилалда тIасан суалал лъей.

- Гьаркьидаги хIарпалдаги гьоркьоб кинаб батIалъи бугеб? Хъвавулъ гьаракь кин бихьизабизе кколеб? Рагьараб гьаракь рагьукъалдаса сундалъун батIалъулеб? Авар мацIалда рагьараб гьаракь чан бугеб? ва гь. ц.

VI. Рокъобе хIалтIи (№ 24).



6 дарс

Тема. Геминатал ва лабиалиял гьаркьал.

Дарсил мурад: Геминатал ва лабиалиял гьаркьал гъорлъ ругел рагIаби битIун цIалиялъул ва хъвавулъ гьел хIарпаздалъун битIун рихьизариялъул бажари цебетIезаби.

I. Алфавит такрар гьаби (№ 23).

II. Дарсил тема ва мурад баян гьаби.

Лъималаз учебникалдаса цIалдохъанасул суал цIалула ("Гемина-тал ва лабиалиял гьаркьал кин цIалулел ва гьел кинал хIарпазда-лъун хъвалел?") ва гьелъие жаваб кьезе хIалбихьи гьабула; 26, 27 абилел хIалтIаби тIуразарула. ХIасил гьабула ва 15, 16 абилел гьумеразда кьурал къагIидаби цIалула.

III. Геминатал битIун цIализе ва гьел рихьизарулел хIарпал битIун хъвазе бугеб бажари щула гьаби (№ 25).

IV. Ццин, квачI абурал рагIабазул фонетикияб разбор гьаби.7

V. Дарсил хIасил гьаби.

- Геминатал кин цIалулел (абулел) ва гьел кинал хIарпаздалъун хъвалел?

- Лабиалиял гьаркьал кин цIалулел (абулел) ва гьел кинал хIарпаздалъун хъвалел?

VI. Рокъобе хIалтIи (№ 29).



7 дарс

Диктант.8

ХIалуцараб рии

Риидал магIарухъ цIакъ хIалуцун букIуна. Лъилъарулъ киналго магъилъе рахъуна. ХIалухъин рукъалде буссинабизе колхозалъе ку-мек гьабула. Руччаби лъилъарула, бихьиназ гул къала. Гьелъул гIа-рал гьарула. Наял гIадин тIаделъун, гIисинал лъималазги кумек гьабула. ГIисиназул цо къокъа букIуна гьитIинал гунзарабазги гул-гуназги магъилъ хIалтIулезе лъим баччулел. (42 рагIи).

ТIадкъай: 1. Тексталъулъ предложениязул бугеб къадар бихьи-забизе. 2. Геминатал рихьизарулел хIарпал гъорлъ ругел рагIаби, ратIа росун, хъвазе.



Предложение

Тема лъазабиялда цере чIарал масъалаби:

1. Предложениялъул хIакъалъулъ бичIчIи кьей (предложения-лъул аслиял гIаламаталлъун ккола: а) тIубараб пикру загьир гьа-була; б) предложениялъулъ рагIаби магIнаялъул рахъалъ рухьун рукIуна; в) предложениялъ лъилниги яги сундулниги хIакъалъулъ бицуна; г) предложениялъул хасаб интонация букIуна);

2. БитIун предложение гIуцIиялъул бажари цебетIезаби;

3. Интонациялъул рахъалъ предложение битIун абизе ва гьеб битIун хъвазе бугеб бажари камиллъизаби (предложениялъул ава-лалда кIудияб хIарп хъвай, ахиралда тIанкI, суалияб ва ахIул иша-раби лъей);

4. Предложениялъулъ битIун рагIаби хIалтIизариялъул бажари лъугьинаби;

5. Тексталъулъ предложениял , жидеда гьоркьоб бухьенги

чIезабун, тартибалде хIалтIизариялъул бажари лъугьинаби.

Предложениялда тIад хIалтIи тIобитIула, гIицIго программаял-да бихьизабураб заманалда гуребги, тIубанго цIалул соналда жаниб. ЦIалдохъабазе гъваридаб лъай щола предложениялъулъ рагIабазда гьоркьоб бугеб бухьеналъулги предложениялъул бетIерал члена-зулги хIакъалъулъ.

Цебехун абухъе, лъабабилеб классалда цIалдохъабаз лъай - хъвай гьабула, жидеца бицунеб жоялъул мурадалъухъ ва интона-циялъухъ балагьун, рикьулел предложениязул батIи - батIиял тайпабазулгун. Нилъеда лъала, жидеца бицунеб жоялъул мурадал-де балагьун, гIадатал предложениял хабариязде, суалиязде ва тIа-лабиязде рикьулеллъи. Гьаниб цIалдохъабазда бичIчIизабизе ккола бокьараб предложение цо кинаб бугониги мурадалъе абулеблъи.

Каламалда тIад хIалтIулаго, мугIалимас бихьизабула, абулеб жоялъул мурадалъухъ балагьун, кинаб предложение хIалтIизабизе кколебали.

Интонациялде балагьун, авар мацIалда ахIул предложениял рукIине бегьула.

Хабариял, суалиял ва тIалабиял предложениял абизе бегьула парахатго, хIалхьун яги хIалуцун, рекIел батIи - батIиял хIалал загьир гьарун. РекIел къуватаб асар загьир гьабулеб предло-жениялда ахIул предложение абула ва гьелъул ахиралда ахIул ишара лъола. Гьединлъидал хабарияб яги тIалабияб предложение, рекIел къуватаб асар загьир гьабун, абуни, гьезул ахиралда тIанкI гуреб, ахIул ишара лъезе ккола, щай гурелъул интонациялъул рахъалъ гьел ахIуллъун рукIуна. Кинабха лъалхъул ишара лъезе кколеб суалияб предложениялъул ахиралда, гьеб рекIел кутакаб асаргун абуни? Пикру гьабуни, гьениб кIиго ишара лъезе кко-лаан: суалияб ва ахIул. Амма байбихьул классазул программаялъ бихьизабун гьечIо гьединал предложениязул ахиралда цадахъго кIиябго ишара лъезе, гьединлъидал цIалдохъабазда бицуна суа-лияб предложениялъул ахиралда суалияб ишара лъезе кколеблъи.



8 дарс

Тема. Предложение.

Дарсил мурад: предложениялъул бугеб аслияб гIаламат ракIалде щвезаби. Предложениял гIуцIизе ва гьел битIун хъвазе бугеб бажари цебетIезаби.

I. ГъалатIазда тIад хIалтIи гьаби.

МугIалимас лъикIал хIалтIаби абула, щай гьел лъикIал ругилан бицуна. ГIемерисез риччарал гъалатIазда тIад хIалтIи гьабула.

II. Дарсил мурад бицин.

- Сунда абулеб предложение?

- КIалзул каламалъулъ предложениял цоцаздаса кин ратIа гьарулел?

- Хъвавул каламалъулъ кин ратIа гьарулел?

- Предложение сундасан гIуцIун букIунеб?

III. Предложениялъул хаслъабазда хадуб халкквей (№ 31).

IV. РагIаби рукIине кколеб куцалда хисизарун, предложениял гIуцIи (№ 32).

- РатIаго ругел рагIабаздасан предложениял гIуцIизе ккани щиб гьабизе кколеб?

Щибаб предложение цIалдохъабаз цин гIуцIула, цинги хъвала.

V. Сураталдасан магIнаялъул рахъалъ цоцазда рухьарал предло-жениял гIуцIи (№ 35).

VI. Дарсил хIасил гьаби.

- Предложениялъул хIакъалъулъ щиб нужеда лъараб?

VII. Рокъобе хIалтIи (№ 34).



9 дарс

Тема. Хабариял, суалиял ва тIалабиял предложениял.

Дарсил мурад: Хабариял, суалиял ва тIалабиял предложения-зул хаслъабазулгун цIалдохъабазул лъай - хъвай гьаби.

I. ЦIияб материал бичIчIизаби.

МугIалимас цIалдохъаби тIамула цIияб темалъул цIарги цIалдо-хъанасул суалги учебникалдаса цIализе. Дарсил мурад бицуна.

II. Жидеца бицунеб жоялъул мурадалъухъ балагьун, рикьун ру-гел батIи - батIиял предложениязда хадуб халкквей (№ 36).

III. Хабариял, суалиял ва тIалабиял предложениял ратIарахъизе ва битIун абизе ругьун гьариялъул хIалтIаби.

1. ТIалабиял предложениял абиялда хадуб халкквей (№ 37).

2. ЦIали, суалазе жавабал кьей (бицун) ва лъалхъул ишарабаз-да хадуб халкквей (№ 38).

IV. 21, 23 гьумеразда кьурал баяназда тIад хIалтIи гьаби.

V. Рокъобе хIалтIи (№ 33); хабарияб, суалияб ва тIалабияб пред-ложениязул хIакъалъулъ баянал цIализе.



I0 дарс

Тема. Хабариял, суалиял ва тIалабиял предложениял.

Дарсил мурад: хабариял, суалиял ва тIалабиял предложениял ка-ламалъулъ хIалтIизаризеги бихьизабураб текст лъугIизабизеги цIал-дохъабазе щвараб бажари цебетIезаби.

I. Рокъобе кьураб хIалтIул хал гьаби (№ 33).

- Мурадица гьабураб ишалъе нужеца кинаб къимат кьолеб? Тексталъулъ чан предложение бугеб? Кин нужеда гьеб лъараб? Жидеца бицунеб жоялъул мурадалъухъ балагьун, гьел предло-жениял кинал кколел? Цоги кинал рукIунел? Мисалал раче.

II. Дарсил мурад бицин.

III. Лъурал суалазе жавабал кьей ва предложениялъул тайпаби рихьизари (№ 39).

IV. Текст лъугIизаби ва гьелъул анализ гьаби (№ 40).

V. Предложениял битIун абизеги лъалхъул ишараби лъезеги цIал-дохъаби ругьун гьарулел хIалтIаби. (№ № 41, 45).

VI. Рокъобе хIалтIи (№ 42).



Калам цебетIезабиялъул I дарс.

Тема. ТIабигIаталда экскурсия.

Дарсил мурад: Жидеца халккураб жоялда тIасан хабар (текст) гIуцIиялъул бажари цебетIезаби.

I. Дарсил мурад бицин.

- Сон нилъ экскурсиялда рукIана. Щиб нужеда хасго ракIалда чIараб?

- РачIа лъимал, нужер рекIее асар гьабураб жоялъул хIакъа-лъулъ сочинениялъулъ бицинин.

- Сочинениялъул тема хъвай: I) "Хасалихълъиялъул тIабигIат", 2) "Хасалихълъи".

II. Сочинениялъул хIасилал.

- Кинал гIаламатазул кьучIалда сочинениялда гьединаб цIар лъун бугеб?

- РакIалде щвезабе, гъутIби кин хисун ругел? (кIиго - лъабго гъотIол бицуна.)

  • ТIугьдузул, харил хIакъалъулъ бице.

  • Кинал хIанчIал нилъеда рихьарал? Цоги лъица ва сунца нужер кIвар буссинабураб? ТIабигIаталда щиб нужеда рагIа-раб?

III сочинениялъул гIуцIиялъул бицин.

- Нилъер сочинение гIуцIун букIине ккола лъабго бутIаялдасан: байбихьи, аслияб бутIа, ахир. Кин сочинение байбихьизе бегьулеб? (Лъималаз бицуна дунял квачаялъулги, хасалихълъи жидеда лъа-чIого бачIиналъулги хIакъалъулъ.)

- Аслияб бутIаялъулъ сундул нужеца хъвазе бугеб? (Гьаниб бицуна гъутIбузул, тIугьдузул, харил, хIанчIазул ва тIабигIаталда ккарал цогидалги хиса - басиязул хIакъалъулъ.)

- Кин сочинение лъугIизабизе кколеб? (Бихьараб жоялда тIаса жидерго пикру загьир гьабула.)

IV. Словарияб хIалтIи.

V. Текст гIуцIи ва хъвай.



11 дарс

Тема. АхIул предложение.

Дарсил мурад: Предложениялъул интонациялъул хIакъалъулъ цIалдохъабазе щвараб лъай гъварилъизаби. АхIул предложениял битIун абиялъул бажари цебетIезаби.

I. Рокъобе кьураб хIалтIул хал гьаби (№ 42).

- Жидеца бицунеб мурадалъухъ балагьун, авар мацIалда кина - кинал предложениял рукIунел?

- Гьанир кинал предложениял нужеца гIуцIарал?

- Гьезул ахиралда нужеца кинал лъалхъул ишараби лъурал?

II. Дарсил мурад бицин.

АхIул предложениязда хадуб халкквей.

ЦIалдохъанасул суал цIалула. 46 хIалтIи тIубала. ХIасил гьабула ва 26 гьумералда кьураб теорияб баян цIалула.

III. Предложениял битIун абизеги гьезул ахиралда лъалхъул иша-раби лъезеги ругьун гьариялъул хIалтIаби (№ № 47, 53 (бицун). 29 гьумералда бугеб баян цIали.

IV. Текст хъвай ва гьелда релълъараб темаялда тIаса предложениял гIуцIи (№ 48)

V. Рокъобе хIалтIи (№ 56)



I2 дарс

Тема. Подлежащее.

Дарсил мурад: Каламалъулъ предложениял ратIа гьаризе бугеб бажари цебетIезаби. Подлежащеялъул хIакъалъулъ бичIчIи кьей ва предложениялъулъ гьеб батизе ругьун гьари.

I. Рокъобе кьураб хIалтIул хал гьаби (№ 56).

- Щиб жо кколеб тIехь?

- ТIехьалъ щиб бицунеб?

- ТIехьалъе щиб гьабизе кколеб?

- Жаваб хIисабалда нужеца хъварал предложениязул ахиралда кинал лъалхъул ишараби лъун ругел? Щай?

II. Дарсил мурад бицин.

III. Текст предложениязда биххи ва предложениялъул членазул разбор гьаби.

1. Хаслихълъи бачIана. ГъутIбуздасан тIанхал гъуна. ТIугьдул ракъвана. ГIалица хинаб ретIел ретIана.

- Чан предложение дица цIалараб?

- Дица ункъо предложение цIалараблъи кин нужеда лъараб?

- ТIоцебесеб предложениялъулъ сундул хIакъалъулъ бицунеб бугеб? Гьеб рагIуе кинаб суал лъезе бугьулеб? Гьелда гъоркь цо хIучч цIай.

Гьединабго къагIидаялъ разбор гьабула цогидал предложе-ниязулги.

2. 57 хIалтIул текст цIали, предложениязде биххи ва, кьурал тIадкъаязда рекъон, гьел предложениязул разбор гьаби, гъоркь хIучч цIарал рагIабазе суалал лъей.

3. ЦIалдохъанасул суал цIали. Гьелъие учебникалда кьураб жаваб балагьи (31 гьумер).

IV. Творческияб хIалтIи (№ 58).

V. Рокъобе хIалтIи (№ 59).



I3 дарс

Тема. Сказуемое

Дарсил мурад: сказуемоялъулгун лъай - хъвай гьаби, подлежа-щее ва сказуемое предложениялъулъ ратизе ругьун гьари; тIура-чIел предложениял гIуцIизеги кIиябго бетIераб членалда гъоркь дандекколел хIуччал цIазеги ругьун гьари.

I. Рокъобе кьураб хIалтIул хал гьаби (№ 59).

II. Берзул диктант.

КIкIал накIкIул цIуна. Гъазица оцал рацIана. Ясалъ матIу ба-цIцIана. Васас тIил буцIана. Эбелалъ гIари буцIцIана.

III. Дарсил мурад бицин.

- Нилъеца жакъа цин лъазабила сказуемое щиб жо кколебали, цинги ругьунлъила гьеб сказуемое предложениниялъулъ балагьизе.

IV. 60 хIалтIи тIубай.

Предложениялги гIуцIун, цин подлежащеял цинги гьезул иш би-хьизабулел рагIаби ратула.

V. Сураталдаса предложениял гIуцIи (№ 61)

- Сураталда нужеда щал рихьулел? Щиб гьез гьабулеб?

- Сураталъе цIар кье. (Хъизан…)

- Сураталдаса 4 - 5 предложениялдасан гIуцIараб текст хъвай. Гьабулеб иш бихьизабулел рагIабазе суал лъе ва гьезда гъоркь кIиго хIучч цIай.

VI. ЦIалдохъанасул суал цIали ва 33 гьумералда кьураб Тео-рияб баяналда тIад хIалтIи.

VII. Предложениял гIуцIи (№ 62). МугIалимас цIалдохъаби тIамула тIоцебесеб 3 предложениялъулъ ругел бетIерал членазда гъоркь дандекколел хIуччал цIазе.

VIII. Дарсил хIасил.

- Цоги нухалъ цIалдохъанасул суал цIале ва гьелъие жаваб кье.

IХ. Рокъобе хIалтIи (№ 63)



I4 дарс

Тема. БитIараб дополнение.

Дарсил мурад: битIараб дополнениялъулгун лъай - хъвай гьа-би, бетIерал членал предложениялъулъ ратизе ругьун гьари; тIура-чIел предложениял гIуцIиялъул бажари цебетIезаби.

I. Рокъобе кьураб хIалтIул хал гьаби (№ 63).

II. ЦIалдохъанасул суал цIали. Предложениязул анализ гьаби (№ 64). 35 гьумералда бугеб теорияб баян цIали.

III. МагIнаялъул рахъалъ рекъон ккарал рагIабиги лъун, предло-жениял хъвай (№ 65).

IV. Предложениязул разбор гьаби (№ 67).

V. Дарсил хIасил гьаби.

VI. Рокъобе хIалтIи (№ 66). Творческияб хIалтIи.



I5 дарс

Тема. Предложениялъул бетIерал ва бетIерал гурел членал.

Дарсил мурад: предложениялъул бетIерал ва бетIерал гурел членазул хIакъалъулъ бичIчIи кьей. Предложениялъулъ гьезул бу-геб кIваралъулгун лъай - хъвай гьаби. Предложениялъулъ рагIа-базда гьоркьоб бухьен чIезабиялъул бажари цебетIезаби.

I. Рокъобе кьураб хIалтIул хал гьаби (№ 66).

Интонацияги цIунун, гIуцIарал предложениял цIали. БитIараб дополнение бати ва гьелъие суал лъе.

II. Сигналиял карточкабаздасан пайдаги босун, диктант тIобитIи: гъурущ, къурущ, Шамай, шагьи, щуго, щибаб, машина, шифер.

III. 36 гьумералда кьураб теорияб баян цIали.

1. Текст предложениязде биххи ва гьезул анализ гьаби (№ 69).



2. 37 гьумералда бугеб теорияб баяналда тIад хIалтIи гьаби.

Предложениялъул разбор гьаби (№ 70).

- Предложениялъулъ бетIерал ва бетIерал гурел членал кин ратIа рахъулел?

(Гьеб хIалтIи тIубалаго, цIалдохъабазда лъала предложениялъул разбор гьабулеб тартиб: щиб гьабизе кколеб ва кинаб тарти-балда.)

IV. Предложениял тIиритIизари ва тIоцебесеб предложени-ялъул разбор гьаби (№ 7I).

V. Дарсил хIасил гьаби.

- Предложениялъул кина - кинал членал рукIунел?

- Предложениялъул кинал членазда бетIерал членал абулеб?

- Предложениялъулъ бетIерал гурел членазул кинаб кIвар бугеб?

VI. Рокъобе хIалтIи (№ 68). (ТIиритIарал предложениялдасан тIиритIичел лъугьинари).



  1. дарс

Тема. Предложениялъулъ рагIабазда гьоркьоб бугеб бухьен.

Дарсил мурад: предложениялда жаниб суалазул кумекалда-лъун рагIабазда гьоркьоб грамматикияб бухьен чIезабизе бугеб бажари цебетIезаби. Предложениялъул бетIерал ва бетIерал гурел членазул хIакъалъулъ цIалдохъабазе щвараб лъай щула гьаби.

I. Рокъобе кьураб хIалтIул хал гьаби (№ 68).

II. Предложениялъул бетIерал ва бетIерал гурел членазул хIакъа-лъулъ теориял баянал такрар гьари.

- Подлежащеялъул, сказуемоялъул ва битIараб дополнениялъул хIакъалъулъ учебникалда кьурал теориял баянал цIале. Сундалъун гьел цоцазда релълъун ругел? (Гьел бетIерал членал ккола.) Сун-дулъ гьел цоцаздаса ратIалъулел? (Подлежащеялъ предложениялда жаниб жинца иш гьабула ялъуни жиндир хIакъалъулъ бицуна, сказуемоялъ подлежащеялъ гьабулеб иш бихьизабула, битIараб дополнениялъ подлежащеялъул иш жинда тIаде ккезабула. Щибаб бетIераб членалъул жидее хасал суалалги рукIуна.)

- БетIерал гурел членазул хIакъалъулъ цIале. БетIерал гурел чле-наз сундуе баян кьолеб? Нужерго мисалалдалъун гьеб бихьизабе.

Предложениялъул разбор гьаби (№ 72).

III. Предложениялъулъ рагIабазда гьоркьоб бухьен чIезабизе ругьунлъи, рагIабазул дандраялгун практикияб къагIидаялъ лъай -хъвай гьаби (№ 73).

Гьаниб цIалдохъабазда бичIчIизе ккола предложениялъулъ рагIа-би цоцазда магIнаялъул рахъалъ рухьун рукIунеллъи ва, гьединаб бухьен гьечIони, предложение лъугьунареблъи.

Цояб рагIудаса цогиялде суал лъеялдалъун цоцазда рухьарал ра-гIаби ратIарахъизе бегьула.9

IV. Учебникалъул 39 гьумералда кьураб теорияб баяналда тIад хIалтIи.

V. Предложениялъулъ рагIабазда гьоркьоб бухьен чIезабизе бугеб бажари щула гьаби (№ 75).

VI. Рокъобе хIалтIи (№ 74); 39 гьумералда кьураб теорияб баян лъазаби.



I7 дарс

Тема. РагIабазул дандрай.

Дарсил мурад: жиндир кIвар бугел гIаламатал лъазариялъул кьу-чIалда "рагIабазул дандрай" абураб бичIчIи лъугьинаби. (РагIабазул

дандрай ккола магIнаялъул рахъалъ цоцазда бухьараб цо ялъуни

цо чанго рагIи, гьезда гьоркьоб цо рагIи цогиялда бараб букIуна.)

I. Рокъобе кьураб хIалтIул хал гьаби (№ 74).

- Нужеца предложениялъул кинал членал тIаде журан ругел?

- Щибаб предложениялъулъ нужеца тIаде жубараб бетIераб гуреб член сунда бухьун бугеб?

- Гьезда гьоркьоб бугеб бухьен кинаб суалалдалъун чIезабизе бегьулеб?

  1. Суалазул кумекалдалъун предложениял тIиритIизари (№ 76).

"РагIабазул дандрай" абураб бичIчIиялъулгун лъай - хъвай гьаби.

ТIубараб хIалтIул хал гьабулаго, цIалдохъабаз мугIалимасул ку-мекалдалъун предложениязул схемаби гIуцIула. Схемаялъулъ бихьи-забула предложениялъулъ рагIабазда гьоркьоб бугеб бухьен. Суал лъолеб рагIудаса гьелъие жаваблъун бачIунеб рагIуде чIор бахъула.

Предложениялъул схемаялъул мисал.

Дида цIахIилаб гIанкI бихьана.

МугIалимас бицуна цояб цоялда бараб кIиго рагIиялда рагIабазул дандрай абулин.

Бихьана щиб? гIанкI

ГIанкI кинаб? цIахIилаб

Гьал ккола рагIабазул дандраял. Подлежащее ва сказуемое рагIа-базул дандраяллъун рикIунаро, щай гурелъул гьез гIуцIула предло-жениялъул аслу.

II. МугIалимас учебникалдаса теорияб баян цIалула.

- Сунда абулеб рагIабазул дандрай?

III. РагIабазул дандраял гIуцIи (№ 78).

Гьаниб мугIалимас цоги нухалъ цIалдохъабазул кIвар буссинабу-ла рагIабазул дандраялъулъ цо рагIи цогиялда бараб букIиналде ва бицуна жиндаса суал лъолеб рагIи аслияб, суалалъе жаваблъун бачIунеб рагIи аслиялда бараб кколин.

IV. РагIабиги рукIкIалиде ккезарун, предложениял (текст) гIуцIи

(№ 77).

V. Текст рекIехъе хъвай (№ 80).

VI. Планалда рекъон, рагIабазул дандраялъул хIакъалъулъ щва-раб лъай гIаммлъизаби:

I). Сунда абулеб рагIабазул дандрай?

2). Предложениялъулъ рагIабазул дандрай кин батIабахъулеб?

VII. Рокъобе хIалтIи (№ 79). 4I гьумералда бугеб теорияб баян лъазаби.



Калам цебетIезабиялъул 2 дарс.

Тема. Ругьунлъиялъул изложение

Дарсил мурад: тексталъул тема баян гьабизеги гьелъул хIасил, планалда рекъон, тартибалда кьезеги бугеб бажари цебетIезаби.

Дарсил I - себ вариант. Изложение хъвазе цадахъго хIадурлъи гьаби.

I. Тексталъулгун лъай - хъвай гьаби. Гьелъул тема баян гьаби. Гьелда цIар лъей.

Изложениялъе текст.

Цо нухалъ ниж рохьоре ун рукIана. Рохьил рацIцIалъуда цо кIу-дияб махил гъотIол гьодриниб рузил бусен батана нижеда. Буса-да бугоан цо рузил тIинчI. Нижеца гьеб школалде бачана. Шко-лалда рагъидул мокърукь клеткаялда жаниб лъуна нижеца гьеб.

Нахъисеб къоялъ къасиялде эбелаб руз школалда цебе махил гъо-тIода рещтIана. ГIадамал жанире руссаралго, гурхIуледухъ ахIдезе лъугьана руз. ТIанчIицаги гьелъие жаваб гьабуна.

Гьеб къагIидаялда щибаб сордоялъ боржун бачIун, рогьинегIан жиндирго тIанчIиде ахIдолеб букIунаан. Рузил тIанчIида куркьбал рижаралго, нижеца гьеб эбелгун цадахъ боржине биччана.

II. Текст жидецаго цIали. ХIасилалда тIасан накъит гьаби ва рагIизабун тIасабищун цIали.

III. Текст аслиял бутIабазде бикьи.

IV. Мугъ чIвазе бегьулел, аслиял рагIаби ва рагIабазул дандраял ралагьи (рохьоре ин, рузил тIинчI бати, клеткаялда жаниб лъей, эбелаб руз школалда цебе рещтIи, руз ахIдезе лъугьин ва гь.ц.

V. ХIасил бицин.

VI. Текст хъвазе хIадурлъи. Лексикияб, синтаксисияб ва битIун-хъваялъулаб хIалтIи.

VII. Текст хъвай. Гьелъул хал гьаби.

Дарсил 2 вариант. ТIехьалда кьураб 7-леб къагIидаялдасан пайдаги босун, изложение хъвай.

РагIул гIуцIи

Школалда рагIул морфемияб гIуцIи лъазабиялде кIудияб кIвар кьола, щай гурелъул рагIул гIуцIи лъаялъ цIалдохъабазе рес кьола гьеб рагIул лексикияб магIна гъваридго бичIчIизе ва каламалъулъ рагIаби мухIканго хIалтIизаризе.

Нилъеда лъала рагIул щибаб магIнаяб бутIаялъ (морфемаялъ) ра-гIулъ цо чIванкъотIараб хъулухъ тIубалеблъи. "Кьибил ккола Ра-гIул бетIераб морфема, щай гурелъул гьелъ кумек гьабула рагIул ас-лияб магIна загьир гьабизе. Аффиксаз (суффиксалъ, ахиралъ) тIаде журарал, кумекалъулал (ай рагIи лъугьиналъул ва грамматикиял) магIнаби загьир гьарула."

Масала, бетIергьанас абураб рагIулъ бетIер кьибилалъ рагIул гIаммаб лексикияб магIна кьола, -гьан суффиксалъ цо сунданиги лъиданиги квершел гьаби бихьизабула, -ас ахиралъ цолъул форма, актив падеж бихьизабула.

Байбихьул классазул программаялъ цIалдохъабазухъа тIалаб гьа-буларо батIи - батIиял каламалъул бутIабазул суффиксал лъаза-ризе. Амма лъималазул кIвар буссинабула рагIул лексикияб магIнаялдаги гьелъул морфемияб гIуцIиялдаги гьоркьоб бухьен чIезабиялде.

РагIул морфемияб гIуцIи лъазабиялъ цIалдохъабазе кумек гьабу-ла битIунхъваялъул бажари лъугьинабизеги. Масала, суффикс, ас-лу (кьибил) лъазабулаго, цIалдохъабаз тIадчIей гьабула д, т гьаркьал гьоркьоса тIагIиналде, рагьукъал ва рагьарал гьаркьазулъ кколел хисабазде.

Лъабабилеб классалъул программаялда рекъон, лъималазда бажа-рула рагIул гIуцIиялъул разбор гьабизе. Гьаниб абизе ккола би-тIун ва бичIчIун рагIул анализ гьаби рагIи лъугьиналъул къагIида цIалдохъабазда бичIчIиялда бараб буго. Цо чIванкъотIараб моделалъул рагIи лъугьунеб къагIидаялдалъулгун цIалдохъабаз лъай - хъвай гьабурабго, гьел тIамула гьебго моделалъул рагIул гIуцIиялъул разбор гьабизе.



I8 дарс

Тема. МагIна гIагарал рагIаби.

Дарсил мурад: магIна гIагарал рагIабазул хаслъабазулгун лъай - хъвай гьаби, рагIаби дандекквеялъул бажари цебетIезаби. РагIаби хъваялъулъ ва хIалтIизариялъулъ, предложениял гIуцIиялъулъ кка-рал гъалатIал ритIизариялъул бажари цебетIезаби.

I. Бищунго лъикIал изложениязулгун цIалдохъабазул лъай - хъвай гьаби.

II. ГъалатIазда тIад цадахъго хIалтIи.

1. ХIасилалъул гъалатIал: темаялда хурхичIеб материал, бицина-лъулъ (хъваялъулъ) тартиб цIуничIолъи.

2. Изложение гIуцIиялъулъ риччарал гъалатIал: цо кинаб бугони-ги бутIа ками, цого цо пикру кIиго нухалъ такрар гьаби ва гь. ц.

3. Предложениял гIуцIулаго, риччарал гъалатIал.

4. Лексиялгин стилистикиял гъалатIал (рагIи хашго хIалтIизаби,

цого цо рагIи такрар гьаби).

5. БитIунхъваялъул ва лъалхъул ишараби лъеялъул гъалатIал.

III. МагIна гIагарал рагIабазулгун лъай - хъвай гьаби. ЦIалдо-хъанасул суал цIали ва гьелъие кьураб жаваб балагьи.

Жидер гIаммаб бутIаги гIаммаб магIнаги бугел рагIабазда магI-на гIагарал рагIабиян абулелъул, лъикI букIинаан, гьеб кIиябго гIаламат бихьизабизе, гьединал рагIабазулгун цIалдохъабазул лъай - хъвай гьабуни.

Масала, мугIулимас цIалдохъабазда цIехола:

- Щиб жо кколеб тукен? (Лъималаз жаваб кьун хадуб, тукен абураб рагIи доскаялдаги тетрадаздаги хъвала.)

- Тукадаса къайи биччулев чиясда кин абулеб? (Доскаялдаги тетрадаздаги хъвала тукенчи абураб рагIи.)

Гьединаб къагIидаялъ цIалдохъабаз бетIергьан, вацгIал абурал рагIабазулги баян гьабула.

РагIаби хъвазе ккола хIубал гьарун:

тукен бетIер вац

тукенчи бетIергьан вацгIал

Гьедин чIезабула рагIул лексикияб магIнаялдаги гьелъул мор-фемияб гIуцIиялдаги гьоркьоб бугеб бухьен. МугIалимас цIалдохъа-базда цадахъ материал хIасилалъе хIадур гьабула. ЦIалдохъабаз жидецаго хIасил гьабула, мугIалимасул гьал хадусел тIадкъаял тIуралаго:

-Щибаб хIобода ругел рагIаби дандеккве ва сундулъ гьел ре-лълъарал ругилан бице. (ЦIалдохъабаз жаваб кьола щибаб хIобода ругел рагIабазул гIаммаб (цогояб) бутIа бугин ва гьел магIнаялъул рахъалъ релълъарал ругин.)

МугIалимас лъималаз кьураб жаваб гIаммлъизабула ва гьезул цIияб бичIчIиялъулгун лъай - хъвай гьабула: "ГIаммаб бутIа ва гIаммаб магIна бугел рагIабазда магIна гIагарал рагIаби абула."

Лъималаз учебникалда кьураб теорияб баян цIалула.

IV. МагIна гIагарал рагIаби ратIа гьариялъул хIалтIи (№ 82).

V. ГIаммаб бутIа ва гIаммаб магIна бихьизаби (№ 83).

VI. Рокъобе хIалтIи (№ 84).



I9 дарс

Тема. Кьибил, кьибил цоял рагIаби.

Дарсил мурад: "Кьибил", "Кьибил цоял рагIаби" абурал би-чIчIиязулгун лъай - хъвай гьаби; кьибил ва кьибил цоял рагIаби рала-гьиялъул ва ратIа росиялъул бажари лъугьинаби.

I. Рокъобе кьураб хIалтIул хал гьаби (№ 84).

- Кинал рагIабазда магIна гIагарал рагIабиян абулеб? (ЦIалдо-хъабаз хIужжабаздалъун чIезарула 84 хIалтIулъ рохь, рохьихъан абурал рагIаби магIна гIагарал кколеллъи.)

-МагIна гIагарал рагIабазул гIаммаб бутIа бихьизабе.

II. Кьибилалъулгун ва кьибил цоял рагIабигун лъай - хъвай гьаби.

ЦIалдохъабаз учебникаялдаса темаялъул цIар ва цIалдохъанасул суал цIалула. 85 хIалтIи тIубала. Кьибилалъе ва кьибил цоял рагIа-базе кьураб теорияб баян цIалула (47 гь.), магIна гIагарал рагIабазе кьураб баян ракIалде щвезабила.

III. Кьибил цоял рагIаби ралагьи, кьибил бихьизаби (№ 86, 87).

IV. Дарсил хIасил гьаби

- Кинал рагIабазда кьибил цоял рагIаби абулел? Нужерго ми-салал раче.

- Щиб жо кколеб кьибил? РагIулъ гьеб кин бихьизабулеб?

V. Рокъобе хIалтIи (№ 89).



20 дарс

Тема. РагIул ахир.

Дарсил мурад: РагIул ахиралъулгун лъай - хъвай гьаби ва пред-ложениялъулъ рагIул ахиралъул бугеб кIвар бичIчIизаби.

I. Рокъобе кьураб хIалтIул хал гьаби (№ 89).

Кьибил цоял рагIабиги гьезул кьибилги битIун рихьизарун ругища-

ли хал гьабула.

II. РагIул ахиралъул хIакъалъулъ бичIчIи кьей.

МугIалимас, доскаялда цебеккунго хъвараб гьаб хадусеб текст цIа-лизе, цIалдохъаби тIамула.

Асма рохьое ана. (Асма) гIурдахIан батана. (Асма) гьеб бакIара-

на. (Асма) гIурдахIан цIакъ бокьулаан. (Асма) эбелалъ гIурдахIа-налъул цIакъ гьуинаб квен гьабулаан.

- Щиб гьабизе кколеб, лъимал, предложениял магIна бичIчIу-леллъун лъугьинаризе? Предложениялъул магIнаялда рекъон, цIалдо-хъабаз Асма абураб рагIи хисула. МугIалимас скобкаби рагьула ва батIияб кьералъул мелалъ ахирал (рагIул хисулеб бутIа) хъвала. Цинги рагIул хисулеб бутIа ахир кколин абула.

III. Ахир рагIул хисулеб бутIа букIин бихьизаби (№ 9I).

IV. Цого цо рагIул формаби батIи - батIиял рукIин бичIчIизаби (№ 92).

V. Предложениялъулъ рагIул ахиралъул бугеб кIваралъухъ бала-гьи. РагIабаздасан предложениял гIуцIи (№ 94).

- ТIехь, эбел абурал рагIаби щай хисизаризе ккарал? Сундуе ахир къваригIун бугеб, нилъер каламалъулъ кинаб хъулухъ гьелъ тIубалеб? (5I гьумералда бугеб теорияб баян цIали).

VI. Суалаздалъун дарсил хIасил гьаби.

- Щиб жо кколеб ахир? (РагIул хисулеб бутIа.)

- Предложениялъулъ ахиралъ кинаб хъулухъ тIубалеб? (Ахи-ралъ предложениялъулъ рагIаби цоцазда рекъезарула.)

VII. Рокъобе хIалтIи (№ 95).



2I дарс

Тема. РагIул ахир ва аслу.

Дарсил мурад: аслуялъулгун ва гьелъул хаслъиялъулгун лъай - хъвай гьаби. Предложениялъулъ рагIаби цоцазда рекъезариялъул му-радалда ахир хисулеблъи бихьизаби.

I. Рокъобе кьураб хIалтIул хал гьаби (№ 95).

II. Аслуялъул хIакъалъулъ бичIчIи кьей.

ЦIалдохъабаз чIегIер хъвараб рагIи, магIнаялъул рахъалъ рекъон кколедухъ, хисизабун, 96 хIалтIи хъвала ва рагIул ахир батIа гьабу-ла. МугIалимас, ахир нахъе рехун, хутIараб рагIул бутIаялда аслу абулеблъи бичIчIизабула, 53 гьумералда бугеб теорияб баян цIа-лизе лъимал тIамула.

III. РагIаби гIицIго аслуялдасанги аслугун ахиралдасанги гIуцIа-рал рукIунеллъи бихьизаби (№ 98).

IV. ПасихIго цIали. РагIаби суалазул кумекалдалъун хисизари (№ 99).

V. ХIасил гьаби.

VI. 97 хIалтIулъ кьураб тIоцебесеб лъабго предложение членазде биххи.

VII. Рокъобе хIалтIи (№ I00).



Калам цебетIезабиялъул 3 дарс

Тема. Сураталдаса сочинение хъвай.

Дарсил мурад: Сураталдасан хабар гIуцIизе, гьелда цIар лъезе, гьелъул тема баян гьабизе бугеб бажари цIебетIезаби.

I. Сураталъулгун лъай - хъвай гьаби; гьелъул тема, аслияб пик-ру загьир гьаби; гьелда цIар лъей.

- Сураталъухъ кIвар кьун ралагье (№ I2I).

-Художникас щиб гьаниб бихьизабун бугеб? (Лъималаз сура-талда тIасан батIи - батIияб пикру загьир гьабула.)

- Сураталъул тема кинаб бугеб? Гьелда кинаб цIар лъезе бе-гьулеб? (Масала: "Чанахъаби", "Чанаве ин".)

- Сураталъул аслияб пикру загьир гьабизин. Гьеб сураталда-лъун художникасе щиб бицине бокьун бугеб? Жинца бихьизабураб жоялде кинаб бербалагьи гьесул бугеб? (Аслияб пикру гьадин загьир гьабизе бугьула: "Гьоялъ чанахъанасе цIакъ кIудияб кумек гьабула".)

II. Хабар гIуцIиялъул тартиб.

- Текст сундасан байбихьани, лъикI букIунеб? (Аслияб пикру загьир гьабураб предложениялдасан байбихьизе бегьула. Гьелъ рес кьола хутIарал цогидал предложениял аслияб пикру рагьиялда хур-хинаризе.)

- Аслияб бутIаялъулъ нужеце сундул хIакъалъулъ бицунеб бу-геб? (Чанахъанасулги гьоялъулги хIакъалъулъ бицине ккола.)

- Текст кин лъугIизабизе кколеб? (Сураталда тIаса цIалдохъана-сул пикру загьир гьабиялдалъун. Масала: Дие гьаб сурат цIакъго бокьула. Чанахъанасул гIажаибго лъикIаб гьой буго….)

Текст батIияб къагIидаялъги бицине (хъвазе) бегьула: текста-лъул байбихьуда хасел бачIиналъул, хасалихъ тIабигIаталъул би-цуна; аслияб бутIаялъулъ чанахъабазул хIакъалъулъ бицуна; текст лъугIизабула аслияб пикру загьир гьабураб предложениялдалъун.

III. Сочинение хъвай. Гьелъул хал гьаби.



22 дарс

Тема. Суффикс.

Дарсил мурад: суффиксалъул хIакъалъулъ бичIчIи кьей. РагIулъ суффикс бихьизабиялъул бажари лъугьинаби. РагIулъ суффикса-лъул бугеб кIваралъулгун лъай - хъвай гьаби.

I. Рокъобе кьураб хIалтIул хал гьаби (№ 100).

II. Дарсил мурад бицин. Суффиксалъул хIакъалъулъ бичIчIи кьей, цIиял рагIаби лъугьинаризе гьелъул бугеб кIвар бичIчIизаби, рагIулъ гьелъ кколеб бакI бихьизаби.

ЦIалдохъабаз 101 хIалтIулъ ругел кьибил цоял рагIаби цIалула. Гьел рагIабазул кьибил ва ахир батIа гьабула. ХутIараб рагIул бу-тIа суффикс кколин мугIалимас абула ва цIалдохъаби тIамула суф-фиксалъ ккураб бакI бихьизабизеги кьибилалда тIаде щиб гьабизе гьеб жубарабали пикру гьабизеги. Цинги лъималаз учебникалъул 55 гьумералда бугеб теорияб баян цIалула.

III. ЦIиял рагIаби лъугьинаризе ругьун гьариялъул хIалтIаби (№ № 102, 104, 107).

IV. Кьибилги суффиксги цоцаздаса ратIа гьаризе ругьун гьари-ялъул хIалтIи (№ 103).

V. Дарсил хIасил гьаби.

- Жакъа нужеда щиб цIияб лъараб? Сундуе ругьунлъарал?

VI. Рокъобе хIалтIи (№ 105).



23 дарс

Тема. РагIул аслуялъулъ гьаркьазул хиси.

Дарсил мурад: цо - цо рагIабазул кIиго батIияб аслу букIин би-чIчIизаби, рагIул аслуялъулъ рагьарал гьаркьал хисулел къагIида-базулгун лъималазул лъай - хъвай гьаби.

I. Рокъобе кьураб хIалтIул хал гьаби (№ 105).

II. Дарсил мурад бицин. РагIул форма хисулаго, аслуялъулъ гьар-кьазул хиси кколеблъи ва гьел хисухъе хъвазе кколеблъи бичIчIи-заби.

Лъималаз учебникалдаса цIалдохъанасул суал цIалула ва 109 хIалтIи тIубала.

- ТIоцебесеб хIобода ругел рагIаби цIале. Гьезул аслу батIа гьабе. (Киналго рагIаби гIицIго аслуялдасан гIуцIарал руго.)

- КIиабилеб хIобода ругел рагIаби цIале. Щиб гьезие лъугьун бугеб? Аслу бате. Гьезулъ ругел рагьарал гьаркьазе щиб лъугьун бугеб?

Учебникалъул 59 гьумералда бугеб тIоцебесеб теорияб баян цIали.

III. РагIабазул диктант (№ 110). Учебникалъул тIадехун бихьизабу-раб гьумералдаса кIиабилеб теорияб баян цIали.

IV. РагIаби битIун хисизаризе ругьун гьари (№ № 112, 113).

V. Дарсил хIасил гьаби.

  1. Рокъобе хIалтIи (№ 111).



24 дарс

Тема. РагIул аслуялъулъ гьаркьазул хиси.

Дарсил мурад: рагIул аслуялъулъ рагьарал ва рагьукъал гьар-кьал битIун хисизаризе ругьун гьари. РагIул гIуцIиялъул разбор гьабизе ругьун гьари.

I. Рокъобе кьураб хIалтIул хал гьаби (№ 111).

II. Cуалазе жаваблъун кколедухъ рагIаби хисизари (№ 115).

III. РагIаби хисизари ва рагIабазул дандраял гIуцIи (№ 116).

IV. БицанкIабазе жавабал рати (№ 114).

V. РагIул гIуцIиялъул разбор гьаби (№ 117).

VI. Рокъобе хIалтIи (117 хIалтIи лъугIизаби).



Калам цебетIезабиялъул 4 дарс

Тема. Тексталъул гIуцIи. Суалазда рекъон, изложение хъвай.

Дарсил мурад: хабарияб тексталъул гIуцIиялъул хIакъалъулъ бугеб лъай мухIкан гьаби; суалазда рекъон, тексталъул хIасил бици-налъул бажари цебетIезаби.

I. Тексталъулгун лъай - хъвай гьаби.

Изложениялъе текст

БацIги гIакаги.

ГIачиязул рехьед гIалахалда кваналеб букIана. Цо гIака бечегун цадахъ кIкIалал рагIалдегIан ана. Гьеб кIкIалахъ бахчун букIана бацI.

БацIида гIакаги бечеги бихьана. КIкIалахъан кIанцIун бачIана гьеб ва бачида тIаде бортана. Амма гIакдаца жиндирго бече цIунана. Гьелъ бече гъотIодехун ккезабуна, ва, бацIидехун бегIе-рал лълъурдулги руссинарун, чIана. БацI кинаб рахъалдасан кIан-цIаниги, гIака гьелдехун буссун чIолаан.

ГIакдал гIергIеди гIухьбузда рагIана. Гьел, гьойги бачун, гьени-ре рортана. БацIида гIухьби рихьана. Гьеб кIкIалахъе тIурун ана.

Гьал хадусел суалазе жаваб кьезе хIадурлъе:

I. ГIака бечегун цадахъ кибе араб?

2. Гьениб щиб букIараб?

3. ГIакдаца бече кин цIунараб?

4. БацI щай тIурун араб?

ЦIалдохъабаз текст цIалула ва суалазе жавабал кьола.

- Щай тексталда "БацIги гIакаги" абураб цIар лъун бугеб?

Суалазе жавабал кьолаго, рагIабазул дандраял ва рагIаби мухI-канго хIалтIизариялде кIвар кьола: кIкIалал рагIалдегIан ана, кIкIа-лахъан кIанцIун бачIчIана, гъотI-дехун ккезабуна, буссун чIолаан, гIергIеди, кIкIалахъе тIурун ана.

Цо - цо рагIи ва рагIабазул дандрай, лъималаз мугъчIвазе, мугIа-лимас доскаялда хъвала. Хъвазе бегьула цо - цо предложениеги: Гьелъ бече гъотIодехун ккезабуна, ва, бацIидехун бегIерал лълъур-дулги руссинарун, чIана.

II. Лъабго бутIаялдасан гIуцIун букIин хIисабалдеги босун, текста-лъул анализ гьаби. (байбихьи (тIоцебесеб ва кIиабилеб суал), асли-яб бутIа (лъабабилеб суал), ахир (ункъабилеб суал).)

III. Текст цоги нухалъ цIали ва битIун хъваялде кIвар кьезе кко-лел рагIабазда тIад хIалтIи гьаби.

IV. Текст хъвай.

V. Тексталъул хал гьаби.



25 дарс

Тема. РагIул гIуцIиялъул хIакъалъулъ щвараб лъай гIаммлъизаби.

Дарсил мурад: кьибил цоял рагIабазулги рагIул магIнаял бутIаба-зулги хIакъалъулъ щвараб лъай камил гьаби; рагIул гIуцIиялъул разбор гьабизе бугеб бажари цебетIезаби.

I. Изложениялъулъ риччарал гъалатIазда тIад хIалтIи гьаби.

II. Тексталъул анализ гьаби ва рагIул гIуцIиялъул раз-

бор гьаби (№ 118).

III. Текст рекIехъе хъвай (№ 119).

IV. РагIаби магIнаял бутIабазде риххи (№ 120). (Бицун.)

V. РагIаби битIун хисизари (№ 123). (Бицун.)

VI. Дарсил хIасил гьаби (№ 124).

VII. Рокъобе хIалтIи (№ 122).



26 дарс

Тема. Контролияб диктант.

Дарсил мурад: аслуялъулъ гьаркьазул хиси ккарал рагIабиги геминатал гъорлъ ругел рагIабиги битIун хъвазе бугеб бажа-риялъул хал гьаби.

Сапар

Хасалихълъи букIана. Нухда хIарщ ва гIисинал хIорал рукIана. ГъутIбуздаса тIанхал гъунел рукIана. ГIурччинго хутIараб жо цIини букIана. Ункъо километр нухлул тана. Рахине ккана цо кIичI - кIичIараб нухдасан. Чодаги хIалица бахине кIолеб букIана. КъотIана рохьосан. РикIкIадасан бацIил рурудулеб гьаракь рагIулеб букIана. Цо гIанкIил тIуриялдасанги кеп босана. Рохь лъугIана. На-хъеги ккана битIараб байданалде. РукIкIиналде росдал рагIалде щвана.

ТIадкъаял. I. КIиабилеб предложениялъулъ бетIерал членазда гъорлъ дандекколел хIуччал цIай. 2. Геминатал гъорлъ ругел ра-гIаби, ратIа росун, хъвай. 3. Жал хисулаго, аслуялъулъ гьаркьал хи-сарал рагIаби, ратIа росун, хъвай ва, щиб? абураб суалалъе жаваблъун кколедухъ, хиси.



Каламалъул бутIаби

Щибаб каламалъул бутIаялъул букIуна гIаммлъизабураб лекси-кияб магIна, морфологиял гIаламатал ва синтаксисиял хаслъаби. Кинаб бугониги рагIи цо чIванкъотIараб каламалъул бутIаялда гъор-лъе ккезабулаго, хIисабалде росула гьеб рагIул киналго гIалама-тал, ай гьелъул лексикияб магIна ва грамматикиял хаслъаби.

Каламалъул бутIаби рикьула жалго жидедаго чIараздеги кумека-лъулаздеги.

Жалго жидедаго чIарал каламалъул бутIабазда гъорлъе унел рагIа-базул лексикияб ва грамматикияб магIнаги букIуна, ва предложе-ниялъулъ гьел цо кинаб бугониги бетIераб яги бетIераб гуреб членлъунги хIалтIизарула.

Кумекалъулал каламалъул бутIабазда гъорлъе уна гIицIго грам-матикияб магIнаги бугел ва предложениялъул членаллъунги рукIу-нарел рагIаби.

Байбихьул классазул программаялъ бихьизабун гьечIо кумека-лъулал каламалъул бутIабазулгун цIалдохъабаз лъай - хъвай гьа-бизе кколеблъи. Лъималаз лъазарула жалго жидедаго чIарал калама-лъул бутIабилъун кколел предметияб цIар, прилагательное, глагол, рикIкIен ва цIарубакI. Гьединго цIалдохъабазда лъала предметияб цIар, прилагательное, глагол предложениялъул членаллъун ккезе бегьулеблъи. ("Каламалъул бутIаби" абураб тема лъазабулаго, кIиабилеб ва лъабабилеб классазда цере чIарал масъалабиги гьел лъазариялъул тартибги цебехун бихьизабун буго.)



27 дарс

Тема. Каламалъул бутIабазул хIакъалъулъ бичIчIи.

Дарсил мурад: каламалъул бутIабазул гIаламатазулгун лъай - хъвай гьаби; каламалъул бутIаби цоцаздаса ратIа рахъизе ругьун гьари.

I. Дарсил мурад цебе лъей. 127 хIалтIи тIубай.

- Нужеца кина - кинал рагIаби ургъарал? (Предметал рихьиза-рулел, гьезул гIаламатал ва ишал рихьизарулел рагIаби ургъана.)

- РагIабаз щиб бихьизабулеб? (Предметал, гьезул гIаламатал ва ишал.)

- Предметал, ишал, гIаламатал рихьизарулел рагIаби кина - кинал суалазе жаваблъун рачIунел?

- МацIалъулъ рагIаби цIакъго гIемер руго ва каламалъулъ жиде-дасан бигьаго пайда босизе гьел рикьун руго батIи - батIиял тIе-лазде. Балагьизин, кинал тIелазде гьел рикьун ругел?

II. 59 гьумералда кьураб теорияб баян цIали. Таблица гIуцIи.

III. Таблицаялъулъ рагIаби хъвай (№ 129).

IV. ХIасил гьаби.

- Кинал хаслъабаздалъун нужеца рагIаби тIелазде рикьарал? (Суалазде ва рагIабаз рихьизарурал гIаламатазде балагьун).

V. Каламалъул бутIаби цоцаздаса ратIа гьариялъул хIалтIаби (№ 130, 131).

- РагIи кинаб каламалъул бутIалъун кколебали лъазе щиб гьаби-зе кколеб? (60 гьумералда бугеб баян цIали.)

VI. Рокъобе хIалтIи (№ 133); [сс], [цц], [цIцI] геминатал рихьи-зарулел хIарпал гъорлъ ругел рагIаби хъвазе хIадурлъи.



28 дарс

Тема. Каламалъул бутIаби ва предложениялъул членал.

Дарсил мурад: предметияб цIар, прилагательное, глагол цоцаз-даса ратIарахъизеги, предложениял членазде риххизеги, предложени-ялъулъ батIи - батIиял каламалъул бутIаби битIун хIалтIизаризеги бугеб бажари цебетIезаби.

I. Рокъобе кьураб хIалтIул хал гьаби (№ 133).

1. Цо каламалъул бутIа цогидалдаса кин батIабахъизе кколеб? Нужерго мисалаздалъун гьеб бихьизабе.

2. [сс], [цц], [цIцI] геминатал рихьизарулел хIарпал гъорлъ ругел рагIаби хъвай.

ЦIалдохъабаз рагIаби иргадал абула. Гьезул битIунхъваялъул хал гьабула карточкабазул кумекалдалъун.

II. ТIанкIазул бакIалда хIарпалги лъун, текст хъвай, каламалъул бутIаби рихьизари (№ 134).

III. Щибаб мухъида ругел рагIабаздасан предложениялги гIуцIун, текст хъвай. Щибаб бетIераб членлъун кинаб каламалъул бутIа ккун бугебали хал гьаби (№ 135).

IV. Предложениялъулъ батIи - батIиял каламалъул бутIаби хIал-тIизариялда хадуб хал кквей (№ 137).

V. Дарсил хIасил.

- Подлежащее, сказуемое ва битIараб дополнение щал кколел? (Предложениялъул членал ккола.)

- Предметияб цIар, прилагательное, глагол щал кколел? (Каламалъул бутIаби ккола.)

VI. Рокъобе хIалтIи (№ 138) (Лъурал суалазе жавабал хъвай.)



29 дарс

Тема. Хабарияб текст (гIаммаб бичIчIи). Хабарияб тексталъул изложение.

Дарсил мурад: хабарияб тексталъул хаслъабазулгун лъай - хъвай гьаби; тексталда цIар лъезеги бутIабиккун гьеб бицинеги бугеб ба-жари цебетIезаби.

I. Дарсил мурад бицин.

- Цогидаздаса рагIараб жоялъулги, жинца цIаларалъулги, жинда бихьаралъулги хIакъалъулъ гIумруялда жаниб инсанас чанцIулго би-цуна. Гьедин гьабизеги ккола, гьабичIони, нуж лъиданиги ри-чIчIуларо. ЦIалул дарсида нуж ругьунлъула текст кIалзул формаялда бицине. Жакъа дарсида нилъеца текст хъван бицина. Учебникалда цIалдохъанас кинаб суал лъун бугеб? ЦIале.

II. Хабарияб тексталъул хаслъабазда хадуб хал кквей.

Лъималаз учебникалъул 57 гьумералда бугеб цIалдохъанасул суалги хабарияб тексталъул хIакъалъулъ баянги цIалула ва гьеб тексталъул хаслъабазул хIакъалъулъ бицуна.

- Текст кинал суалазе жаваблъун бачIунеб?

- Тексталъул сундул бицунеб? (Цо кинаб бугониги лъугьа - бахъиналъул хIакъалъулъ бицуна.)

- Текст кинал бутIабаздасан гIуцIун бугеб? (КъваригIуни, теори-яб баян цоги нухалъ цалула.)

III. Тексталъул анализ гьаби (№ 125).

- Текст цIале. Щай гьеб хабарияблъун рикIкIине кколеб?

IV. Изложение хъвазе хIадурлъи.

ЦIалдохъабаз учебникалда кьурал тIадкъаял (58 гьумер)

тартибалда тIурала: тексталъул тема баян гьабула, тексталъе цIар кьола ва гьал хадусел бутIабазде биххула: байбихьи, аслияб бутIа, ахир.

V. Словарияб хIалтIи.

VI. БитIун хъвазе захIматал рагIабазда тIад хIалтIи.

VII. Текст цоги нухалъ цIали.

VIII. Хабар хъвай.

IХ. Учебникалда рекъон, хал гьаби.

Х. Рокъобе хIалтIи (№ 126).

Предметияб цIар

"Предметияб цIар" абураб тема лъазабулаго, цере чIарал масъала-би:

1. "Предметияб цIар" абураб грамматикияб бичIчIи кьей;

2. Предметияб цIаралъе битIун суалал лъей;

3. ГIаммал ва хасал цIаразул хIакъалъулъ бичIчIи кьей. Хасал цIаразул бетIералда кIудияб хIарп хъвазе бугеб бажари камил гьаби;

4. Предметияб цIаралъул жинсалъулгун лъай - хъвай гьаби;

5. Предметиял цIарал формабазде хисизаризе; жинс, форма бихьи-забизе бугеб бажари цебетIезаби;

6. Цогидал рагIабигун цолъизарулаго, предметиял цIаразул ахи-рал хисиялда тIад халкквей (предметиял цIарал падежазде сверия-лъул хIакъалъулъ авалияб бичIчIи кьей);

7. ЦIиял предметиял цIараздалъун цIалдохъабазул рагIабазул нахърател бечелъизаби, каламалъулъ гьел (ай предметиял цIарал) хIалтIизаризе бугеб бажари лъугьинаби.

Щибаб масъала, батIа - батIаго гуреб, цадахъго, цоцазда бухьун, тIубала. Амма темаялда тIад хIалтIи гьабулаго, цо чIванкъотIараб заманалда гьел масъалабазул цоялде цIикIкIун кIвар кьола.

Каламалъул бутIа хIисабалда предметияб цIаралъулгун лъай - хъвай гьабулаго, цIалдохъабазда бихьизабизе ккола гьелъул аслияб магIна, гьелъие хасиятал грамматикиял гIаламатал ва каламалъулъ гьелъ тIубалеб хъулухъ.



30 дарс

Тема. Предметияб цIар.

Дарсил мурад: предметияб цIаралъул лексикияб магIная-лъулгун ва гьелъие лъолел суалазулгун лъай - хъвай гьаби, предме-тияб цIаралъул хIакъалъулъ бичIчIи лъугьинаби.

I. Рокъобе кьураб хIалтIул хал гьаби (№ 126).

II. Нилъер мацIалъулъ предметиял цIараз тIубалеб хъулухъалда хадуб халкквей.

МугIалимас бицуна жакъасеб дарсида лъималаз цIияб тема лъаза-бизе байбихьулин ва гьел тIамула дарсил темаги цIалдохъанасул суалги цIализе. ЦIалдохъабаз хIалбихьи гьабула гьеб суалалъе жаваб кьезе.

- Гьеб суалалъе жаваб нилъеца кьелин, 139 хIалтIи тIубан хадуб. (ХIалтIи тIубала.)

- Цогидал каламалъул бутIабаздаса предметияб цIар кин нужеца батIа бахъулеб?

III. Предметиял цIаразе битIун суалал лъеялда хадуб халкквей.

Лъималаз цIалдохъанасул кIиабилеб суал цIалула ва I40 хIалтIи тIубала.

- Предметияб цIар кина - кинал суалазе жаваблъун бачIунеб?

IV. Предметиял цIарал тIелазде рикьизе ругьун гьариялъул хIалтIи (№ 141).

V. ГIаммлъизаби.

- РагIабазул кинал тIелал нужеца хъварал? Гьел киналго цо-цазда сундулъ релълъун ругел? (Гьез киназго предмет бихьизабула ва щив? щий? щиб? щал? абурал суалазе жаваблъунги рачIуна. Гьел ккола предметиял цIарал.)

VI. Предложениялъулъ предметияб цIараз тIубалеб хъулухъ би-хьизаби.

ЦIалдохъабаз, 141 хIалтIулъ кьурал рагIабаздаса жидее бокьараб рагIиги гъорлъе ккезабун, предложениял гIуцIула. КIиго бищунго лъикIаб предложение тIасаги бищун, гьел предложениялъул чле-назде риххула ва хъвала.

VII. ГIаммлъизаби.

ЦIалдохъабаз, жалго жидедаго чIун, гьал хадусел суалазе жавабал кьезе хIадурлъи гьабула: 1). Сунда абулеб предметияб цIар? 2). Гьелъ щиб бихьизабулеб? 3). Кинал суалазе жаваблъун бачIунеб? 4). ГIемерисеб мехалъ предложениялъулъ кинаб членлъун гьеб букIине бегьулеб?

VIII. Рокъобе хIалтIи (№ 142).

3I дарс

Тема. Щив? щий? ва щиб? абурал суалазе жаваблъун рачIунел рагIаби.

Дарсил мурад: щив? щий? ва щиб? абурал суалазе жаваблъун рачIунел рагIаби цоцаздаса ратIарахъиялъулги предложениял гIуцIи-ялъулги бажари цебетIезаби.

I. Рокъобе кьураб хIалтIул хал гьаби (№ 142).

- Лъугьарал рагIаби предметиял цIарал кколеллъи кин нужеца чIезарулел?

II. Предметиял цIаразул гIемер магIна букIин бихьизаби. Бе-тIер, мацI абурал рагIабигун предложениял гIуцIи. (Масала: ГIалил бетIер унтун буго. ТIехьалъул тIоцебесеб бетIер ПатIиматица цIалана. МагIарул мацIалда хъварал гIезегIан тIахьал руго нижер школалъул библиотекаялда. ГIумарил мацIалдаса би бачIунеб буго.) Цого цо рагIул лексикиял магIнаби дандекквей. МугIалимас цIалдохъабазул кIвар буссинабула гIезегIанго предметиял цIаразул цо чанго магIна букIиналде.

III. Щив? щий? ва щиб? абурал суалазе жаваблъун рачIунел рагIабазул хаслъабазда хадуб халкквей (№ 143).

IV. Лъималаз учебникалдаса цIалдохъанасул суалги теорияб баянги цIалула (66 гьумер).

V. Предложениял гIуцIи (№ 145).

VI. Диалог цIали ва предметиял цIарал суалаздалъун ратIа гьари (№ 148).

VII. Дарсил хIасил гьаби.

- Кинал предметиял цIарал щив? щий? абурал суалазе жаваб-лъун рачIунел? Мисалал раче.

- Кинал предметиял цIарал щиб? абураб суалалъе жаваблъун рачIунел? Мисалал раче.

  1. Рокъобе хIалтIи (№ 147).

32 дарс

Тема. ГIаммал цIарал.

Дарсил мурад: гIаммал цIаразулгун лъай - хъвай гьаби; рагIаби тIелазде рикьизе бугеб бажари цебетIезаби.

I. Рокъобе кьураб хIалтIул хал гьаби (№ 147).

Жидер кумекалдалъун цIиял рагIаби лъугьарал предметияб цIаралъул суффиксал доскаялда хъвазе.

II. РагIаби тIелазде рикьи (№ 151).

ЦIалдохъанасул суал цIали ва гьелъие учебникалда жаваб балагьи.

III. Словарияб хIалтIи (№ 153).

IV. БицанкIаби чIвай ва гIаммал цIарал ратIа роси (№ 154).

V. Рокъобе хIалтIи (№ 152).



33 дарс

Тема. Хасал цIарал.

Дарсил мурад: хасал предметиял цIаразулгун лъай - хъвай гьаби (сунда яги лъида лъурал цIарал гьел кколел ва нилъер калама-лъулъ щай къваригIунел:), хасал цIаразул бетIералда кIудияб хIарп хъвазе кколеблъи ракIалде щвезаби.

I. Рокъобе кьураб хIалтIул хал гьаби (№ 152).

II. ГIаммал ва хасал предметиял цIарал дандекквей (№ 157.)

ЦIалдохъабаз тIоцебесеб текст цIалула.

МугIалимас кIиабилеб хисараб текст цIалула ва гьеб тIоцебе-селда дандекквезе цIалдохъаби тIамула.

- КIиябго тексталда гьоркьоб кинаб батIалъи бугеб? (КIиабилеб текст цо дагьабги дурусаб буго, щай гурелъул гьенир мугIрузул, гIоразул, шагьаразул, росабазул ва гIадамазул цIарал кьун руго.)

- МугIрузда, гIоразда, шагьаразда, росабазда, гIадамазда лъурал цIарал цоги нухалъ нужецаго цIале.

- Кинаб каламалъул бутIалъун гьел рагIаби кколел?

МугIалимас гьединал предметиял цIарал хасал кколилан бицуна ва учебникалдаса цIалдохъанасул суалалги, гьелъие кьураб жаваб-ги (ай теорияб баянги) цIализе лъимал тIамула.

- Щай хасал цIаралилан абулеб? ( Щибав чиясда ва щибаб мегIералда, шагьаралда, росдада, гIоралда цогидал чагIаздаса, мугI-руздаса, шагьараздаса, росабаздаса, гIораздаса ратIа гьаризе цIарал лъола. Гьелги жидее хасал, гIицIго жалго бетIергьанал цIарал ккола.)

ЦIалдохъабаз кIиабилеб текст, мугIалимас абун, хъвала (диктант).

- Хасал цIарал нужеца кин хъварал? Гьезда гъоркь хIучч цIай.

II. ХIайваназул цIараздаги ва хIайваназда лъурал тIокIцIаразда-ги гьоркьоб бугеб батIалъи бихьизаби (№ 159). 73 гьумералда бугеб теорияб баян цIали.

III. Предложениял гIуцIи (№ 160).

IV. Дарсил хIасил гьаби.

- Кинал цIаразда хасал абулел?

- Хасал цIаразул бетIералда кинаб хIарп хъвалеб?

V. Рокъобе хIалтIи.

Хасал цIаралги гъорлъе ккезарун, дурго росдал хIакъалъулъ 4 - 5 предложениялдасан гIуцIараб хабар (текст) хъвай (№ 158).



34 дарс

Тема. Хасал цIарал

Дарсил мурад: гIаммал цIараздаса хасал цIарал ратIа гьаризе-ги хасал цIаразул бетIералда кIудияб хIарп хъвазеги бугеб бажари цебетIезаби.

I. Рокъобе кьураб хIалтIул хал гьаби (№ 158).

II. Словарияб диктант.

Бесизе - бессизе, сан - ссан, си - сси, бичIана - бичIчIана, речIана - речIчIана, чIвад - чIчIвад, сак - свак.

III. ГIаммал ва хасал цIарал ратIа гьаризе ругьун гьариялъул хIалтIи (№ 161).

IV. Цо - цо рагIабазул магIнаялъул батIалъи бихьизабизе ругьун гьариялъул хIалтIи (№ 162).

75 гьумералда кьураб теорияб баян цIали.

V. Дарсил хIасил гьабиялъул хIалтIи (№ 164).

VI. Рокъобе хIалтIи (№ 163).

35 дарс

Тема. Предметияб цIаралъул жинс.

Дарсил мурад: предметияб цIаралъул жинс бихьизабиялъул къа-гIидабазулгун лъай - хъвай гьаби.

I. Рокъобе кьураб хIалтIул хал гьаби (№ 163).

II. Предметияб цIаралъул жинсазулгун лъай - хъвай гьаби.

1. БатIи - батIиял предметиял цIарал цоцаздаса ратIа гьаризе ру-гьун гьариялъул хIалтIаби (№ 165, 170).

2. Учебникалъул 77, 79 гьумеразда кьурал теориял баяназда тIад хIалтIи.

III. Предметияб цIаралъул жинс, бихьизабизе ругьун гьария-лъул хIалтIи (№ 168).

IV. Сураталъулаб диктант.

МугIалимас предметиял суратал рихьизарула. ЦIалдохъабаз гье-зул цIарал абула, хъвала ва жинс бихьизабула.

V. Предметиял цIаразда рухьарал рагIабазул жинсиял гIалама-таздалъун жинс чIезабизе ругьун гьариялъул хIалтIи (№ I69).

VI. Дарсил хIасил гьаби.

- Предметиял цIарал кина - кинал жинсалъул рукIунел? Пред-метияб цIаралъул жинсал ратIа рахъизе сунца квербакъулеб?

VII. Рокъобе хIалтIи (№ 166).



36 дарс

Тема. Предметияб цIаралъул жинс

Дарсил мурад: предметияб цIаралъул жинс бихьизабизе бугеб бажари цебетIезаби.

I. Рокъобе кьураб хIалтIул хал гьаби (№ 166).

II. Предметиял цIарал тIелазде рикьи ва жинс бихьизаби (№ 171).

  1. Сураталде балагьун, текст гIуцIи (№ 172).

IV. Текст хъвай ва гьелъул анализ гьаби (№ 173).

V. Рокъобе хIалтIи. ЦIияб сонги баркун, эбелалъухъе яги вацасу-хъе (яцалъухъе), ялъуни бищунго лъикIав гьалмагъасухъе кагъат хъвай.

37 дарс

Тема. Предметияб цIаралъул жинc.

Дарсил мурад: чIужуялъул ва чиясул жинсаздаги лъабабго жинсалдаги хIалтIизарулел рагIабазул жинс баян гьаби, гьеди-нал рагIабигун предложениял битIун гIуцIизе ругьун гьари.

I. Рокъобе кьураб хIалтIул хал гьаби.

II. Лъабабго жинсалда хIалтIизарулел рагIабазда хадуб халкквей.

1. 174 хIалтIи тIубай.

2. Учебникалъул 8I гьумералда кьураб теорияб баяналда тIад хIалтIи гьаби.

III. РагIабигун предложениял ургъи (№ 176).

IV. Жинсиял гIаламатазда хадуб халкквей (№ 177).

V. БицанкIабазе жавабал рати (№179).

VI. Рокъобе хIалтIи (№ 175).



Калам цебетIезабиялъул 5 дарс

Тема. Ругьунлъиялъул изложение.

Дарсил мурад: хIасилалъулъ гъалатIал риччачIого, хабарияб текст хъвазеги батIи - батIиял каламалъул бутIабазул рагIаби мухI-канго хIалтIизаризеги ругьун гьари.

I. Дарсил мурад бицин.

Тексталъулгун лъай - хъвай гьаби (№ 150).

II. Изложение хъвазе хIадурлъи (8 абилеб къагIидаялдасан пайда боси.

III. Текст хъвай.

IV. Учебникалда рекъон, хал гьаби.

V. Рокъобе хIалтIи (№ 149).



38 дарс

Тема. Предметияб цIар формабазде хиси.

Дарсил мурад: магIнаялде ва суффиксазде балагьун, цолъул ва гIемерлъул формаялда ругел рагIаби ратIа гьариялъулги калама-лъулъ цIикIкIун хIалтIизарулел предметиял цIарал цолъул ва гIемерлъул формабазде хисизариялъулги бажари цебетIезаби.

I. Рокъобе кьураб хIалтIул хал гьаби (№ 149).

II. Предметиял цIарал формабазде хисулеллъи бихьизаби

I - себ вариант. МугIалимас цо предмет бихьизабула ва цIалдо-хъаби тIамула гьеб предметалъул цIар хъвазе (масала: тIехь, гъветI ва гь.ц.). Цинги гьединалго предметал кIиго яги цо чанго бихьи-забула ва цIалдохъаби тIамула гьезулги цIарал хъвазе. (тIахьал, гъутIби.)

- ТIехь, гъветI ва тIахьал, гъутIби абурал рагIаби дандеккве. Сундулъ гьел релълъарал ругел? (тIехь - тIахьал, гъветI - гъутIби абурал рагIаби цого цо предметазул цIарал ккола.) Сундулъ гьел релълъунарел? (гъветI, тIехь абурал рагIабаз цо предмет; тIахьал, гъутIби абурал рагIабаз цо чанго предмет бихьизабула ва гьезул гIуцIиги батIи - батIияб буго.)

ЦIалдохъабазул жавабаздасан гьадинаб хIасил гьабула:

Предметияб цIаралъул цолъул ва гIемерлъул форма букIуна.

Цолъул формаялъ цо предмет бихьизабула.

ГIемерлъул формаялъ цо чанго яги гIемерал предметал рихьиза-рула.

Цолъул формаялдаса гIемерлъул форма лъугьуна суффиксазул кумекалдалъун: тIехь - тIахь-ал, гъветI - гъутI-би.

2 - леб вариант. Лъималаз цIалдохъанасул суал цIалула ва гьелъие жаваб балагьизе хIалбихьи гьабула (№ 181). Цинги учебни-



калъул 84 гьумералда бугеб теорияб баяналда тIад хIалтIула.

II. Предметиял цIарал формабазде хисизе ругьун гьариялъул хIалтIи (№ 182).

III. Цолъул ва гIемерлъул формаялъул предметиял цIаразе битIун суалал лъезе ругьун гьариялъул хIалтIи (№ 183).

85 гьумералда кьураб теорияб баяналъулгун лъай - хъвай гьаби.

IV. Хасалил тIабигIаталъул хIакъалъулъ 5 - 6 предложениял-дасан хабар гIуцIи (№ 184).

V. Рокъобе хIалтIи (№ I85).



39 дарс

Тема. Предметияб цIар формабазде хиси.

Дарсил мурад: предметиял цIарал формабазде битIун хисиза-ризе бугеб бажари камил гьаби.

I. Рокъобе кьураб хIалтIул хал гьаби (№ 185).

ХIай "Лъил кьер (ряд) бергьунеб" яги "Дур кьер (ряд) гуккуге."

Щибаб кьералдаса цо - цо цIалдохъан доскаялде ахIула. Класс салъ рокъобе кьураб хIалтIудаса цолъул формаялда ругел рагIаби цIалула. Цере рахъарал цIалдохъабаз, гьел рагIаби гIемерлъул фор-маялдеги хисун, доскаялда хъвала. Цинги классалъ битIун хъван ругищали хал гьабула. Риччарал гъалатIалги хIисабалде росун, хIая-лъул хIасил гьабула.

II. Тексталъул анализ гьаби ва рагIаби цолъул формаялде лъей (№ 186).

III. КечI пасихIго цIали ва предметиял цIарал гIемерлъул форма-ялда лъей (№ 188).

IV. Тексталъул анализ гьаби ва предметиял цIарал цолъул формаялда лъей (№ 190). (КIалзул формаялда.)

V. Рокъобе хIалтIи (№ 189).



40 дарс

Тема. Предметияб цIар падежазде свери (падежазде свериялъул хIакъалъулъ гIаммаб бичIчIи).

Дарсил мурад: батIи - батIиял рагIабигун рухьунаго, предмети-ял цIаразул ахирал хисулеллъи бихьизаби; предметиял цIарал паде-жазде сверизаризе ругьун гьари.

I. ХIай "Кинаб кьер бергьунеб."

- Предметиял цIарал гIемерлъул формаялда лъей.

МугIалимас 187 хIалтIудаса цолъул формаялда ругел рагIаби абула. ЦIалдохъабаз гьел рагIабаздаса жидер кумекалдалъун гIемерлъул форма лъугьунел суффиксал тIаде хъварал карточкаби эхеде рор-хула. ЦIикIкIун карточкаби эхеде рорхараб кьералъ бергьенлъи босула.

II. Предложениялъулъ рагIабазда гьоркьоб грамматикияб бухьен букIунеблъи ракIалде щвезаби.

Гьалмагъ абураб рагIи подлежащеелъун, вачIизе, вокьизе, ви-хьизе абурал рагIаби сказуемолъун ккезарун, предложениял гIуцIула.

- Щай гьел предложенияллъун рикIкIунел?

- Предложениялъулъ подлежащееги сказуемоеги бате.

- Подлежащеялъул ахирал щай нужеца хисарал?

III. Дарсил мурад бицин.

-Жакъа нилъеца предметиял цIарал падежазде свериялъул хIа-къалъулъ бицина. Учебникаялдаса цIияб темаялъул цIар цIале.

IV. Предметиял цIаразул ахирал хисиялда хадуб халкквей.

  1. 193 хIалтIи тIубай.

  2. 91 гьумералда бугеб теорияб баян цIали.

V.Предметиял цIарал падежазде сверизаризе цIалдохъаби ругьун гьариялъул хIалтIаби (№ 194, 196).

VI. Дарсил хIасил гьаби.

- Сунда абулеб падежазде свери? Чан падеж нужеда лъалеб? Гьезул цIарал абе.

- Аслияб падежалда ругел рагIаби кинал суалазе жаваблъун рачIунел? ва гь.ц.

  1. Рокъобе хIалтIи (№ 195).



4I дарс

Тема. Предметияб цIар падежазде свери

Дарсил мурад: Предметиял цIарал падежазде сверизабизе бу-геб бажари цебетIезаби; падеж чIезабиялъул (лъазабиялъул) къагIи-дабазулгун лъай - хъвай гьаби.

I. Карточкабазул кумекалдалъун, рокъобе кьураб хIалтIул хал гьаби (№ 195).

II. Дарсил мурад бицин.

-Жакъа нуж ругьунлъизе ккола предметиял цIаразул падежал цоцаздаса ратIарахъизе (ай щибаб падеж бихьизабизе). Щай нилъеда падежал лъазе кколел?

- Гьал хадусел предложениял дандеккве: Дица цIалдохъанасе тIехь сайгъат гьабуна. Дица цIалдохъанасул тIехь сайгъат гьабуна. МагIнаялъул рахъалъ сундулъ гьел ратIалъулел ругел? (ТIоцебесеб предложениялъулъ тIехь лъие сайгъат гьабун бугебали бицуна, кIи-абилеб предложениялъулъ лъил тIехь сайгъат гьабун бугебали бицу-на.)

ЦIалдохъанасе, цIалдохъанасул абурал рагIабазда гьоркьоб кинаб батIалъи бугеб? (Гьезул батIи - батIияб падежги батIи - батIиял ахиралги руго.)

- Пикру мухIканго загьир гьабизе, лъикIго падеж лъазе ккола.

III. Падежазул хаслъабазда хадуб халкквей.

- ЦIалдохъабаз доскаялдаса предложениял хъвала: ХарибакIалда Къурбанида лъукъараб къункъра батана. Унтараб къункъраялъе Къурбаница гьекъезе лъим кьуна.

-ТIоцебесеб предложениялъулъ подлежащее бате. Гьелда гъоркь хIучч цIай.

- Подлежащее кинаб каламалъул бутIалъун ккун бугеб? Гьелъул падеж бихьизабе.

- Подлежащеелъун ккараб предметиял цIаралъул падеж бихьи-забизе, цин нилъеца гьелда бухьараб рагIи балагьила ва гьелдасан суал лъела. Гьединаб рагIи балагье ва суал лъе (батана лъида? Къурбанида).

- Нужецаго предложениялъулъ къункъра абураб предметияб цIа-ралда бухьараб рагIи бате ва гьелдаса суал лъе.

- ПалхIасил, предметияб цIаралъул падеж бихьизабизе, къвари-гIуна гьеб предметияб цIаралда бухьараб рагIи батизе ва гьелдаса суал лъезе.

КIиабилеб предложениялъул мисалалдалъун нужецаго гьеб би-хьизабе. (Къункъраялъе, Къурбаница, лъим абурал предметиял цIа-разул падеж чIезабула ва учебникалъул 92 абилеб гьумералда ругел цIалдохъанасул суалги теорияб баянги цIалула.)

IV. Предметияб цIаралъул падеж бихьизабизе ругьун гьария-лъул хIалтIаби (№ 197, 198).

V. РагIаби падежазде сверизаризе ругьун гьариялъул хIалтIи (№ 201).

Доскаялда вахъула ункъо цIалдохъан: тIоцевесес предметиял цIа-рал абула (эмен ва гь. ц.), кIиабилес гьезул падеж бихьизабула (аслияб падеж ва гь.ц.), лъабабилес гьел предметиял цIаразе суа-лал лъола (щив? лъица? ва гь.ц.), ункъабилес ахир батIа гьабула ( -ца ва гь.ц.).

VI. Рокъобе хIалтIи (№ 199).

42 дарс

Тема. Предметияб цIар падежазде свери.

Дарсил мурад: суалаздалъун падеж падеж бихьизабиялъул бажа-ри цебетIей; батIи - батIиял падежазул формабазда ругел предме-тиял цIаразул предложениялъулъ бугеб кIваралъулгун лъай - хъвай гьаби.

I. Рокъобе кьураб хIалтIул хал гьаби (№ 199).

II. Дарсил мурад бицин. Учебникалъул 93 гьумералда бугеб цIал-дохъанасул суал цIали.

III. ЦIалдохъанасул суалалъе жаваб балагьи (202 абилеб хIалтIи тIубай ва учебникалъул 94 гьумералда бугеб теорияб баян цIали).

IV. Подлежащеелъун ккараб предметияб цIаралъул падеж бихьи-забиялъул бажари цебетIезаби (№ 203).

V. Предложениял кколеб тартибалдаги лъун, текст гIуцIи (№ 204).

VI. Предметияб цIаралъул форма, жинс, падеж бихьизабиялъул бажари камил гьаби (№ 209). (Бицун.)

  1. Рокъобе хIалтIи (№ 208).



43 дарс

Диктант.

Дагъистаналъул тIабигIат.

Хунзахъе унаго, нухда бихьула ЦIада росу. Гьеб буго кидаго нилъеда кIочене гьечIев кIудияв поэт ЦIадаса ХIамзатил росу. Гьенисан бихьула Гъуниб ва КьилимегIерги. Росдада цебесан буго Болъихъ, ЦIумада, ГIахьвахъ, Гумбет районазде унеб шагьра нух.

Гъуниб магIардасан бихьула ункъо герой вахъараб МохIоб росу. Гьелда аскIор руго СалтIа, КIкIуяда росаби. Гъуниб районалъул церетIурал колхозал руго ЧIохъ ва Сугъралъ росабазул.

ТIадкъаял. I. Тексталдаса хасал предметиял цIарал, ратIа росун, хъвай.



Прилагательное

"Прилагательное" абураб тема лъазабулаго, цере чIарал масъалаби:

1. Хъвавул ва кIалзул каламалъулъ прилагательноял мухIканго хIалтIизариялъул бажари лъугьинаби; сверухъ бугеб тIабигIаталъул хIакъалъулъ цIалдохъабазе щвараб лъай гIатIилъизаби; предметазул батIи - батIиял гIаламатал рихьизаризе, гьезда хадуб хал кквезе бугеб бажари цебетIезаби;

2. Прилагательноялъул хIакъалъулъ гIаммаб бичIчIи лъугьинаби;

3. Прилагательноязе битIун суалал лъезе ругьун гьари;

4. Прилагательноял, жинсгун формаялъулъги рекъезарун, предме-тиял цIаралгун рухьинаризе ругьун гьари;

Гьеб ункъабго масъала тIубала цадахъго. Прилагательноял лъаза-риялъул къагIидаби (методика) чIезабулаго, бищунго цебе хIиса-балде босула гьезул гьаб хадусеб хаслъи: лексикияб магIнаял-далъунги грамматикиял гIаламатаздалъунги прилагательноял пред-метиял цIаралгун рухьун рукIуна. Гьединлъидал къваригIуна лъи-малазда гьединаб бухьен букIин бичIчIизабизе. Предметияб цIа-ралда прилагательное бараб букIунеблъи цIалдохъабазда дагь - дагьккун лъала. Цин лъималазда прилагательное предметияб цIа-ралда магIнаялъул рахъалъ бараб букIунеблъи бихьизабула: при-лагательноялъ предметалъул гIаламат бихьизабула (ай жибго жин-даго чIараб гIаламат гуреб, цо чIванкъотIараб предметалъул гIала-мат); гьелдалъун прилагательное предметияб цIаралдаса батIалъула.

Цинги цIалдохъабазда бихьизабула прилагательное граммати-кияб рахъалъ предметияб цIаралда бараб букIунеблъи. Гьебги гьезда лъала, предметияб цIаралъул жинсалдаги формаялдаги бан, прилагательноялъул жинс ва форма хисулеблъи бичIчIун хадуб.

Прилагательное лъазабулаго, кIудияб кIвар кьола цIалдохъа-базул калам синонимаздалъун, антонимаздалъун бечелъизабиялдеги.



44 дарс

Тема. Каламалъул бутIа хIисабалда прилагательноялъул хIакъа-лъулъ гIаммаб бичIчIи.

Дарсил мурад: прилагательноялъул гIаламатазулгун лъай-хъвай гьаби; жинда прилагательное бухьараб предметияб цIар батизеги тексталъулъ прилагательноял ратIа гьаризеги бугеб бажари цебе-тIезаби.

I. Каламалъулъ прилагательнояз тIубалеб хъулухъалда хадуб хал-кквей.

I - себ вариант. ХIай "Щиб гьаб кколебали лъазаби."

МугIалимас цIалдохъабазул цояв цеве вахъула, цо кинаб буго-ниги предметалъул сурат гьесухъе кьола ва гьеб предметалъул хIакъалъулъ (жибго предметалъул цIарги абичIого), сипат - сурат гъорлъ ккезабун, бицине тIамула.

(ХутIарал цIалдохъабазда гьеб предметияб сурат бихьуларо). Цин-ги кIиго - лъабго цIалдохъанас гьебго сураталъул сипат - сурат гьабула. ЦIалдохъабаз рицарал харбал дандекквела.

- Кинав цIалдохъанасул хабаралъ нилъее кумек гьабураб суратал-

да бугеб предмет мухIканго лъазе? Предметалъул сипат - сурат гьабулаго, гьес бищунго гIемер кинаб каламалъул бутIа хIалтIи-забураб ва щай? (Прилагательное, щай гурелъул предметалъул гIаламатал гьес абуна.)

Предметалъул гIаламатазда тIаса цадахъго кIалъайги гьабун, цIал-дохъабаз ункъо - щуго предложениялдасан гIуцIараб текст хъвала ва гьелъие цIар кьола.

2 - леб вариант. ЦIалдохъабаз учебникалъул 99 гьумералда бу-геб цIалдохъанасул суал цIалула ва гьелъие жаваб кьезе хIалби-хьи гьабула.

Каламалъулъ прилагательнояз тIубалеб хъулухъ бихьизабизе пай-да босула 211 хIалтIудасан. Гьеб хIалтIи тIубаялдалъун цIалдохъа-базда якъинлъула прилагательнояз, предметазул гIаламатал абуле-лъул, нилъер калам жеги мухIкан гьабулеблъи. Текст хъвала, ва гьелъие цIар кьола. Цинги цIалдохъабаз 100 абилеб гьумералда бугеб теорияб баян цIалула.

II. Тексталъулъ прилагательноял рихьизаризе ругьун гьариялъул хIалтIи (№ 212)

Прилагательноял гьоркьор риччараб ва прилагательноял гъорлъ ругеб текст дандекквей.

-Цогидал каламалъул бутIабаздаса прилагательное кин батIа-бахъулеб? (РагIуе суал лъезеги ва гьеб рагIуца щиб бихьизабулеб бугебали лъазеги ккола.)

-Прилагательное кинаб каламалъул бутIагун бухьун букIунеб? Кин нужеда ракIалда кколеб, щай?

III. Схемабазда рекъон, предложениял гIуцIи ва, планалда рекъон, прилагательноялъул хIакъалъулъ бицин (№ 215).

IV. ХIай "ЦIодорго рукIа!"

Доскаялда гьал хадусел рагIаби хъван рукIуна: кьер, тIагIам, ро-цен (къадар), гIеблъи, борхалъи, форма. МугIалимас предметияб сурат ялъуни жибго предмет бихьизабула. ЦIалдохъабаз предме-тияб цIар хъвала. Цинги мугIалимас доскаялда хъварал рагIабазул цояб бихьизабула, масала: тIагIам. ЦIалдохъабаз предметияб цIаралда аскIоб магIнаялъул рахъалъ рекъон кколеб суалгун ца-дахъ прилагательное хъвала. Масала: гIеч (кинаб?) - цIекIаб, багIа-раб, гургинаб, кIудияб.

-Прилагательнояз чиясул гIамал - хасиятги бихьизабула.

Нужецаго гьединал прилагательноязул мисалал раче. (Масала: лъикIав, аваданав, узданав, вацIцIадав ва гь.ц.)

V. Суалаздалъун дарсида щвараб лъай гIаммлъизаби: I). Щиб жо кколеб прилагательное? 2). Щиб гьелъ бихьизабулеб? 3). Кинал суалазе жаваблъун бачIунеб? 4). Кинаб каламалъул бутIагун бу-хьун букIунеб? 5). Каламалъулъ нилъеца кинаб мурадалъе прилага-тельноял хIалтIизарулел?

  1. Рокъобе хIалтIи (№ 214).

45 дарс

Тема. Прилагательноялгун предметиял цIарал рухьун рукIин.

Дарсил мурад: предложениялъулъ рагIабазда гьоркьоб бухьен чIезабиялъул бажари цебетIезаби; предметияб цIаралда прилагатель-ное бараб букIин цIалдохъабазе мухIкан гьаби.

I. Рокъобе кьураб хIалтIул хал гьаби (№ 214). (ЦIалдохъабаз жидецаго цоцазул хIалтIабазул хал гьабула.)

II. Рагьукъал хIарпалги лъун, прилагательноял лъугьинари (№ 216). (Бицун.)

III. 218 хIалтIи тIубай.

-Кинаб каламалъул бутIагун прилагательное бухьун бугеб?

IV. Щибаб прилагательноялда хадуб магIна рекъон кколел пред-метиял цIарал хъвай (№ 220).

V. РагIабазул дандраял гIуцIи (№ 219).

  1. Рокъобе хIалтIи (№ 217).



Калам цебетIезабиялъул 6 дарс

Тема. ГIелмияб тексталъул изложение (планалда рекъон).

Дарсил мурад: планалда рекъон, гIелмияб тексталъул изложе-ние хъвазеги текталъулъ прилагательноял хIалтIизаризеги бажари.

I. Тексталъул хIасилалъулгун (содержаниялъулгун) лъайхъвай гьаби (№ 337). Киназго цадахъ план гIуцIи (бицун).

Словаралдаса рагIи: страус.

II. Текст хъвазе хIадурлъи.

ГIелмияб тексталъул хаслъаби баян гьари.

Доскаялда план хъвай:

I. ВаранихIинчI дунялалда тIад бищунго кIудияб хIинчI ккей;

2. ВаранихIинчIалъул къаркъалаялъул борхалъи;

3. ВаранихIинчIалъул хоно;

4. ВаранихIинчI цIакъго къуватаб хIинчI букIин;

5. ВаранихIинчI, рукъалъул хIинчI гIадин, фермабазда хьихьи.

III. Цоги нухалъ текст цIали.

IV. Планалда рекъон, текст хъвай.

V.Текст битIун хъван бугищали хал гьаби.



46 дарс

Тема. Цого яги гIага - шагараб магIнаялъулги гIаксаб магIна-ялъулги прилагательноял.

Дарсил мурад: синонимазул ва антонимазул хIакъалъулъ цIалдо-хъабазул бугеб лъай гъварид гьаби, каламалъулъ гьел битIун хIалтIи-зариялъул бажари цебетIезаби.

I. Тексталъул хIасил (содержание) кьеялъулъги, предложениял гIуцIиялъулъги, предложениязулъ рагIаби хIалтIизариялъулъги, рагIабазул битIунхъваялъулъги риччарал гъалатIазда тIад хIалтIи.

II. ГIаксаб магIнаялъул прилагательноязда хадуб халкквей (221 абилеб хIалтIи тIубай ва 104 абилеб гьумералда бугеб теорияб баян цIали).

- Щай нилъеца каламалъулъ цо предмет цогиялда данде кко-леб? (Щибаб предметалъул бугеб хаслъи лъазе.)

III. ГIаксаб магIнаялъул прилагательноял дандекквей (№ № 222, 223).

IV. Цого яги гIага - шагараб магIнаялъул прилагательноязда хадуб халкквей (№ 224).

  1. Рокъобе хIалтIи (№ 225).



47 дарс

Тема. Сипатияб текст.

Дарсил мурад: сипатияб тексталъул хаслъабазулгун лъай-хъвай гьаби; сипатияб текст гIуцIизе ругьун гьари.

I. Рокъобе кьураб хIалтIул хал гьаби (№ 225).

- Прилагательноял - синонимал абе. МагIнаялъул рахъалъ сундулъ гьел релълъунел ругел? Гьел цоцаздаса сундулъ ратIалъулел ругел?

II. Дарсил мурад бицин.

- Жакъа нилъеда лъазе ккола щиб жо кколебилан сипатияб текст. Нуж ругьунлъизе руго сипатияб текст гIуцIизеги.

III. Сипатияб тексталъул хаслъиялда хадуб халкквей (226 аби-леб хIалтIи тIубай ва учебникалъул 105 абилеб гьумералда бугеб теорияб баян цIали).

IV. ГIалхул хIайваналъул сипат гьабураб тексталъулгун лъай - хъвай гьаби (№ 229).

V. Цо кинаб бугониги гIалхул хIайваналъул сипат - сурат гьа-бун, къокъаб сочинение хъвай (№ 228).

VI. Сочинениялъул хал гьаби.

  1. Рокъобе хIалтIи (№ 227).



48 дарс

Тема. Прилагательноял жинсазде хиси.

Дарсил мурад: прилагательное, жинсалде балагьун, хисулеб бу-кIин цIалдохъабазда бичIчIизаби; предметиял цIаразул жинс бихьи-забиялъул бажари цебетIезаби.

I. Сочинениялъул анализ гьаби. ГъалатIазда тIад хIалтIи.

II. Предметиял цIаразул жинс бихьизаби.

МугIалимас абун, гьал хадусел рагIабазул дандраял хъвала: цIодо-рай яс, вицата чи, цIакъав вас, кепаб хабар, хехаб гIор, разияй эбел.

- Предметияб цIаралъул жинс бихьизабе.

- Предметияб цIаралъул жинс кин лъазабизе бегьулеб?

III. Дарсил мурад бицин.

Жакъа нуж ругьунлъула прилагательноязул жинс бихьизабизе, гьединго нужеда лъала прилагательноял жинсазде хисулеллъиги.

- Прилагательноялъул жинс кин чIезабизе бегьулеб? Хъварал ра-гIабазул дандраязул анализги гьабун, палхIасил гьабула.

IV. Прилагательное жинсазде хисиялда хадуб халкквей

(230 абилеб хIалтIи тIубала ва 107 гьумералда бугеб теорияб баян цIалула).

V. Таблицаялда тIад хIалтIи гьаби. Лъурал суалазе жавабал кьей ва тIадкъаял тIуразари (№ 231).

VI. БицанкIабазе жавабал рати (№ 235).

VII. Рокъобе хIалтIи (№ 237). РагIабазул дандраял гIуцIи ва хъвай.

49 дарс

Тема. Прилагательноял формабазде хиси.

Дарсил мурад: прилагательноялъул цолъул яги гIемерлъул фор-ма чIезабиялъул бажари цебетIезаби; предметиял цIаралгун прила-гательноязул рагIабазул дандраял гIуцIизе ругьун гьари.

I. Рокъобе кьураб хIалтIул хал гьаби (№ 237).

II. Словарьгун хIалтIи.

- Словаралдаса чиясул, чIужуялъул ва гьоркьохъеб жинсалъул кIи - кIи предметияб цIар тIаса бищи. МагIнаялъул рахъалъ данде кколел прилагательноялгун гьел хъвай. (Масала: ХIеренаб рас ва гь. ц.)

- Прилагательноязулъ кинал суффиксал нужеца хъварал ва щай? Цолъул формаялда гьел рукIин кин нужеца чIезарурал? Гьел гIемер-лъул формаялда лъе.

III. Дарсил мурад бицин.

- Цолъул ва гIемерлъул формаялда, гIицIго предметиял цIарал гурелги, прилагательноялги хисула. Жакъа дарсида нужеда лъала прилагательное цолъул ва гIемерлъул формаялда кин хисулебали ва прилагательноязул гьеб форма кин чIезабулеб бугебали.

IV. Прилагательноял формабазде хисиялда хадуб халкквей.

Лъималаз жидецаго цIалдохъанасул суал цIалула, 239 хIалтIи гьа-була ва учебникалъул 112 гьумералда кьураб теорияб баяналъул-гун лъай - хъвай гьабула.

V. Прилагательноялъул цолъул ва гIемерлъул формаялъул суф-фиксал битIун хъвазе ругьун гьариялъул хIалтIи (№ 241).

VI. Предметиял цIаралгун прилагательноязул рагIабазул данд-раял гIуцIизе ругьун гьариялъул хIалтIи (№ 242).

VII. Дарсил хIасил гьаби.

- Прилагательное кинаб формаялда бугебали лъазе ккани щиб гьабизе кколеб?

  1. Рокъобе хIалтIи (№ 248).



50 дарс

Тема. Контролияб диктант.

Дарсил мурад: прилагательноялъул хIакъалъулъ щвараб лъаялъул хал гьаби.

ЦIад бан хадуб.

ТIадагьал хъахIал накIкIал раккана. Гьезул залимаб, чIегIераб накIкIул парча лъугьана. Цинги зобго цIуна. Мехалде щвезегIан тамахаб цIад бана. Къечараб ракьалъ регьел лазаталда къулчIана. Киналго рижулел жалаз кутакаб рохел гьабуна. Сварал хурдул цIилъана. РечIарал тIугьдуз бутIрул рорхун ккуна. Хаган букIараб ролъ гIурччинлъана.

ХIалимав кIудада, гъудал рикIизе, бакъалде вахъана. ХIалтIуде хIасратай эбел магъилъе ана. (52 рагIи.)

Тадкъаял. 1. Предложение членазде биххизе (I- себ вариант - щуабилеб предложение, 2 - леб вариант - анлъабилеб предложение). БетIерал членазда гъоркь хIучч цIазе, рагIабазул данд-раял ратIа гьаризе. 2. ГIакса магIнаялъул прилагательноял ургъизе (I - себ вариант - гьетIараб тIил - …; тIуцал рукъзал - …; 2 - леб вариант - къокъаб хабар - …; чIедераб нух - …).



РикIкIен

Тема лъазабулаго, цере чIарал масъалаби:

I. РикIкIеналъул хIакъалъулъ бичIчIи кьей (предметалъул къа-дар яги ирга бихьизабулеб каламалъул бутIа);

2. Къадаралъул ва иргадул рикIкIеназе битIун суал лъей;

3. РикIкIенал битIун хъваялъул бажари лъугьинаби.

Цебехун абухъе, лъабабилеб классалъул цIалдохъабазда къадара-лъул рикIкIеназул ахиралда -о, иргадул рикIкIенгун суффикс хIисабалда абилеб рекIун, тарихазда цадахъ бугони, батIаго хъвазе лъараб гIола.

4. РикIкIенал предметиял цIаралгун рухьинаризеги (авар мацIалда къадаралъул рикIкIеналда хадуб предметияб цIар кидаго цолъул фор-маялда букIуна) тарихал гьоркьор ругеб текст битIун цIализеги ругьун гьари (рикIкIен хъвазе бегьула тарихаздалъунги рагIа-баздалъунги, цогидал каламалъул бутIаби гIицIго рагIабаздалъун хъвала).

РикIкIен цIалдохъабазда цIакъ хехго бичIчIула. Лъабабилеб классалъул цIалдохъаби, малъизе бугеб темаги бицинчIого, тексталги цIалун, рикIкIенал ратизе тIамуни, цо гьоркьоб течIого, ратула. Амма гьезда кIоларо гьеб рикIкIеналъ предметалъул къа-дар бихьизабулин, гьаб цоялъ ирга бихьизабулилан абизе. Кинаб рикIкIен жидеда цебе букIаниги, цIалдохъабаз абула рикIкIен бихьи-забулилан. Гьединлъидал тIоцебесеб дарсидаго цIалдохъабазда ри-кIкIеназ, предметал рикIкIунаго, гьезул къадар ва ирга бихьи-забулеблъи бичIчIизабизе ккола. Цоги цIалдохъабазда, предметияб цIар цадахъ гьечIони, рикIкIеназ гьезул я къадар, я ирга бихьиза-булареблъиги бичIчIизабизе ккола.



5I дарс

Тема. РикIкIен.

Дарсил мурад: рикIкIеналъул хIакъалъулъ бичIчIи кьей, рикIкIе-налъул лексикияб магIнаялъулгун ва гьелъие лъолел суалазулгун лъай - хъвай гьаби, тексталъулъ рикIкIенал битIун хъвазе ругьун гьари.

I. ГъалатIазда тIад хIалтIи.

I. Диктанталда щварал къиматал аби.

2. Бищунго гIемер риччарал гъалатIазда тIад хIалтIи.

II. Дарсил мурад бицин. РикIкIеналъул хаслъиялдаги калама-лъулъ гьелъ тIубалеб хъулухъалдаги хадуб халкквей.

МугIалимас бицуна жакъа лъималаз цIияб тема лъазабизе буги-лан, цинги гьес лъимал тIамула, учебникалъул 116 гьумералдаса темаялъул цIарги, цIалдохъанасул суалги, 117 гьумералдаса тIасияб теорияб баянги цIализе. Хадуб 250 хIалтIиги тIубан, хIасил гьабула.

III. Предложениял гIуцIизеги рикIкIенал битIун хъвазеги ругьун гьари.

ЦIалдохъабаз цин 117 гьумералда бугеб гъоркьияб теорияб баян цIалула, цинги 25I, 252 абилел хIалтIаби тIурала.

IV. Дарсил хIасил гьаби.

- РикIкIеналъ щиб бихьизабулеб? РикIкIенал кинал суалазе жа-ваблъун рачIунел? Къадаралъул ва иргадулал рикIкIенал кин хъвалел?

V. Рокъобе хIалтIи (№ 253).



52 дарс

Тема. РикIкIеналъул хIакъалъулъ щвараб лъай гIаммлъизаби.

Дарсил мурад: тексталъулъ рикIкIенал ратизе ругьун гьари; рикIкIенал битIун хъваялъул бажари цебетIезаби.

I. Рокъобе кьураб хIалтIул хал гьаби (№ 253).

II. РикIкIенал предметиял цIаралгун рухьун рукIунеллъи би-чIчIизаби (№ 255).

III. РикIкIеналгун предложениял гIуцIи (№ 256).

IV. БицанкIабазе жавабал рати (№ 258).

V. Къадаралъул рикIкIеналда хадуб предметияб цIар кидаго цолъул формаялда букIин бичIчIизаби (№ 257).

VI. Рокъобе хIалтIи (№ 259).



Глагол

Глагол лъазабулаго, цере чIарал масъалаби:

I. Глаголалъул хIакъалъулъ бичIчIи лъугьинаби.

Глаголалъул хIакъалъулъ бичIчIи кьолаго, батIи - батIияб лекси-кияб магIна бугел (ай предметалъул ахIвал - хIал, гIаламат, пред-метазул гьоркьоблъи ва гь. ц. бихьизабулел) глаголаздасан пайда босула. Лъималазда бичIчIизабизе ккола гьез киназго предметазул иш бихьизабулин ва щиб гьабулеб? щиб гьабилеб? щиб гьабураб? щиб лъугьараб? щиб хIалалда бугеб? щиб бугеб? абурал суалазе жаваблъунги бачIунебин;

2. ЦIалдохъабазул калам глаголаздалъун бечед гьаби, калама-лъулъ глаголал мухIканго хIалтIизариялъул бажари цебетIезаби.

Гьеб масъала тIубаялъул мурадалда цого магIнаялъул ва гIакса магIнаялъул глаголалги каламалъулъ хIалтIизаризе цIалдохъаби ру-гьун гьарула.



53 дарс

Тема. Каламалъул бутIа хIисабалда глаголалъул хIакъалъулъ би-чIчIи кьей.

Дарсил мурад: глаголалъул лексикияб магIнаялъулгунги гье-лъие лъолел суалазулгунги лъай - хъвай гьаби; нилъер калама-лъулъ глаголалъ тIубалеб иш бихьизаби.

I. Каламалъул бутIабазул хIакъалъулъ щвараб лъай такрар гьаби.

-Кина - кинал каламалъул бутIаби нужеда лъалел?

- Каламалъул бутIаби цоцаздаса кин нужеца ратIарахъулел?

- Щибаб каламалъул бутIаялъул хIакъалъулъ щиб нужеда лъалеб?

МугIалимас дарсил мурад бицуна.

II. Учебникалъул 121 гьумералда бугеб цIалдохъанасул тIоце-бесеб суалалъе жаваб балагьи (№ 260).

III. Каламалъул бутIа хIисабалда глаголалъул хаслъабазда хадуб халкквей (122 гьумералда бугеб цIалдохъанасул суал цIали, 262 хIал-тIи тIубай ва теорияб баяналъулгун лъай - хъвай гьаби).

IV. Каламалъулъ глаголалъул бугеб кIвар бихьизаби (№ 261).

ЦIалдохъабаз гьеб хIалтIуе кьурал тIадкъаял тIурала ва гIуцIа-раб предложение цин глаголалгун, цинги глаголалги гьоркьор ри-ччан, цIалула.

- Нилъер каламалъулъ глаголал щибизе къваригIун ругел?

V. Суалаздалъун дарсил хIасил гьаби:

  1. Сунда абулеб глагол? 2. Глаголал кинал суалазе жаваблъун

рачIунел? 3. Глаголаз щиб бихьизабулеб?

VI. Рокъобе хIалтIи (№ 263) .



Калам цебетIезабиялъул 7 дарс

Тема. Сураталдаса сочинение.

Дарсил мурад: мугIалимас, лъурал суалазда рекъон, сураталда-сан хабар гIуцIизеги хабаралда (тексталда) цIар лъезеги бажари.

I. Суруталъулгун лъай - хъвай гьаби, гьелъул тема, аслияб пик-ру загьир гьаби; гьелда цIар лъей.

- Сураталъухъ кIвар кьун ралагье (№ 192).

- Художникас гьаниб щиб бихьизабун бугеб? (Лъималаз сура-талда тIасан батIи - батIиял пикраби загьир гьарула.)

- Сураталъул тема кинаб бугеб? Гьелда кинаб цIар лъезе бе-гьулеб? (Масала: "КIудадагун гара - чIвари" яги "Васгун гара - чIвари".)

- Сураталъул аслияб пикру загьир гьабизин. Жиндирго сура-талдалъун художникасе щиб бицине бокьун бугеб? Жинца бахъа-раб сураталдехун гьесул кинаб бербалагьи бугеб? (Аслияб пикру гьадин загьир гьабизе бегьула: "Огь, дир ккараб гъалатI".)

II. Хабаралъул гIуцIи бихьизаби.

- Текст сундаса байбихьизе бегьулеб?

(Текст байбихьизе бегьула жиндилъ аслияб пикру загьир гьабу-раб предложениялдаса. Гьелъ рес кьола хутIарал киналго предло-жениял аслияб пикру рагьиялде руссинаризе.)

-Аслияб бутIаялъулъ сундул хIакъалъулъ бицине кколеб? (ТIаби-гIат цIуниялда тIаса кIудадалги васасулги ккараб гара - чIвари-ялъул хIакъалъулъ бицине ккола.)

- Текст кин лъугIизабизе кколеб?

(Сураталда тIаса жиндирго пикру загьир гьабиялдалъун.)

Текст батIияб къагIидаялъги хъвазе бегьула: тексталъул байби-хьуда их бачIиналъул, ихдалил тIабигIаталъул бицуна; аслияб бутIа-ялъулъ васасул ккараб гъалатIалъулги гьелда сверухъ кIудадаги васасдаги гьоркьоб ккараб гара - чIвариялъулги бицуна; текст лъугIизабула васасул ккараб гъалатIалда тIаса жидерго пикру загьир гьабиялдалъун.



54 дарс

Тема. Предложениялда жаниб глаголалъ тIубалеб хъулухъ.

Дарсил мурад: глаголал каламалъулъ хIалтIизаризеги предложе-ниял членазде риххизаризеги ругьун гьари.

I. Цогидал каламалъул бутIабаздаса глагол батIабахъизе ругьун гьариялъул хIалтIи. (ХIалтIи тIубала кIалзул формаялда.)

МугIалимас гьаб хадусеб кочIол куплет цIалула ва кинал рагIа-баздалъун авторасда иш бихьизабизе бажарабилан баян гьабула.

Роол заман букIана,

НакIкI зодобе бахана.

ТIолабго нижер росу

РагIдукье ккезабуна.

- Глаголал рихьизаре. (МугIалимас текст предложениялккун кIиабизеги цIалула.)

- Цогидал каламалъул бутIабаздаса глагол сундалъун батIа-лъулеб?

II. Рокъобе кьураб хIалтIул хал гьаби (№ 263).

Цо чанго цIалдохъанас жидецаго ургъарал предложениял цIалу-ла, глаголал рихьизарула ва гьезие суалал лъола.

III. Глаголалъ предложениялда жаниб тIубалеб хъулухъалда ха-дуб халкквей. (123 гьумералда бугеб цIалдохъанасул суал цIали, 264 хIалтIи тIубай ва теорияб баяналъулгун лъай - хъвай гьаби.)

III. Предложениял гIуцIи (№ № 265, 266).

IV. Рокъобе хIалтIи (№ 269). Кицабазул магIнаялъе баян кьезе.



55 дарс

Тема. Глаголал - синонимал ва глаголал - антонимал.

Дарсил мурад: цого яги гIага - шагарал магIнаялъул глаголал-ги гIаксаб магIнаялъул глаголалги каламалъулъ хIалтIизаризе ру-гьун гьари.

I. Рокъобе кьураб хIалтIул хал гьаби (№ 269).

II. Дарсил мурад бицин.

- Жакъа дарсида нуж ругьунлъизе руго каламалъулъ глаголал мухIканго хIалтIизаризе. Нилъер мацIалъулъ гIемер дандчIвала гIа-га - шагараб магIнаялъулги гIаксаб магIнаялъулги глаголал. Гьеди-нал глаголазул нилъеца бицине буго.

III. Глаголал - синонимал тIаса рищи (№ 270). Гьезул цо - цоязулгун предложениял гIуцIи.

IV. Кьурал глаголазе цого яги гIага - шагарал магIнаялъул гла-голал ургъи (№ 271).

V. Глаголал - антонимазул хаслъи баян гьаби (№ 272).

VI. Учебникалъул 127 гьумералда бугеб теорияб баян цIали ва 273 хIалтIи тIубай.

VII. Рокъобе хIалтIи (№ 274). ГIакса магIнаялъул глаголал Ра-тизе, гьезул цо - цоязулгун предложениял гIуцIизе.



56 дарс

Тема. Цо ва гIемер магIнаялъулги битIараб ва хъвалсараб магIна-ялъулги глаголал.

Дарсил мурад: цо ва гIемер магIнаялъулги битIараб ва хъвал-сараб магIнаялъулги глаголал жидер каламалъулъ хIалтIизаризе цIалдохъаби ругьун гьари.

I. Рокъобе кьураб хIалтIул хал гьаби (№ 274). (ЦIалдохъабаз жи- децаго цоцазул хIалтIаби хал гьарула).

II. ГIемер магIнаялъул глаголазда хадуб халкквей (№ 275).

III. 128 гьумералда бугеб теорияб баяналда тIад хIалтIи. Миса-лазул анализ гьаби.

IV. Глаголал батIи - батIиял магIнабаздаги ккезарун, предложе-ниял гIуцIи (№ 276).

V. Хъвалсараб магIнаялъул глаголал хIалтIизариялда хадуб хал-кквей (№ 277).

VI. КечI рекIехъе хъвай (№ 280).

VII. Рокъобе хIалтIи (№ 279).



57 дарс

Тема. Пикрияб текст.

Дарсил мурад: пикрияб тексталъул хаслъабазулгун лъай - хъвай гьаби; тексталъулъ глагол хIалтIизабиялъул бажари цебетIезаби.

I. Рокъобе кьураб хIалтIул хал гьаби (№ 279).

II. Хъвалсараб магIнаялда глаголал хIалтIизаризе бугеб бажари цебетIезаби (№ 278).

- Кинал предложениязулъ глаголал хъвалсараб магIнаялда хIал-тIизарун ругел?

- Кинаб мурадалъе нилъеца предложениялъулъ рагIаби хъвал-сараб магIнаялда хIалтIизарулел? Мисалал раче. (Гьеб суалалъе цIалдохъабазда жаваб кьезе захIмалъани, мугIалимас жинцаго бицуна.)

III. Хабариял ва сипатиял текстал такрар гьари. Дарсил мурад бицин.

- Жакъаги нилъеца глаголазул бицина. Нуж ругьунлъизе ккола тексталъулъ глаголал мухIканго хIалтIизаризе. Кинал текстал ну-жеда лъалел? (Хабарияб текст, гьелъ цо кинаб бугониги ахIвал - хIалалъул бицуна ва щиб лъугьараб? щиб ккараб? абурал суалазе жаваблъунги бачIуна; сипатияб текст, гьелъ цо кинабниги ахIвал - хIалалъул, батIи - батIиял предметазул сипат - сурат кьола ва кинаб? абураб суалалъе жаваблъунги бачIуна.)

Текстал, хабариял ва сипатиял гурелги, пикриялги рукIуна.

МугIалимас лъимал тIамула цIалдохъанасул суал ва теорияб баян цIализеги пикрияб тексталъул хаслъиялда хадуб халкквезеги (№ 28I, 282).

Гьаниб мугIалимас цIалдохъабазул кIвар буссинабула пикрияб тексталъул гIуцIиялъул хаслъабазде.

Цин нужеца абизе ккола, далил бачун, бихьизабизе (чIезабизе) кколеб жо. Цинги, щай гурелъул абураб рагIигун предложениял-дасан пайдаги босун, гьеб жо хIужжабаздалъун чIезабула.

IV. Дарсил хIасил гьаби.

- Пикрияб тексталъул хIакъалъулъ щиб нужеда лъалеб?

V. Рокъобе хIалтIи (№ 283).



Калам цебетIезабиялъул 8 дарс

Тема. Ругьунлъиялъул изложение.

Дарсил мурад: цадахъго гIуцIараб планалда рекъон, хабарияб тексталъул хIасил (содержание) бицине бугеб бажари цебетIезаби.

I. Изложение хъвай, тексталъулгун лъай - хъвай гьаби (№ 3I9).

Текст цин мугIалимас, цинги цIалдохъабаз цIалула ва хIаси-лалда тIасан цоцазе суалал кьола; тIехьалдаса суалал цIалула.

II. Хабаралъул анализ гьаби ва цадахъго план гIуцIи.

- Текст лъабго бутIаялде бикье. Щибаб бутIаялда цIар лъе.

Мисалияб план.

  1. ЛъарахIинчI бачIин;

  2. ГьитIинаб гьобол;

  3. Их.

III. Лексикиябгин синтаксисияб хIалтIи.

IV. БитIун хъвазе захIматал рагIабазда тIад хIалтIи (лъарахIинчI, гордо, гIурччинаб).

V. Текст цоги нухалъ цIали.

VI. Изложение хъвай.

VII. Хал гьаби.

VIII. Рокъобе хIалтIи (№ 353).



58 дарс

Тема. Глаголазул заманал.

Дарсил мурад: глаголазул заманазулгун ва гьезие лъолел суала-зулгун лъай - хъвай гьаби.

I. ГъалатIазда тIад хIалтIи.

II. МугIалимас кьураб темаялда тIасан предложениял гIуцIи ва, баянги кьун, хъвай.

-Нилъеца жакъа тIабигIаталда батIи - батIияб заманалда ккараб лъугьа - бахъиналъул хIакъалъулъ предложениял гIуцIила.

-Цебего, нилъ гьелда тIасан кIалъалелде, тIабигIаталда кинал хиса - басиял ккун ругел? (ГIазу биун буго. (ГIазу биана.) ХIанчIал тIад руссун рачIана.)

-ГьабсагIаталда, нилъ кIалъалеб заманалда, тIабигIаталда кинал хиса - басиял кколел ругел? (Киса - кибего гъутIби тIегьалел руго.)

- Нилъ кIалъан хадуб тIабигIаталда кинал хиса - басиял ккезе ругел? (ГъутIбузда пихъ бижизе буго. ( ГъутIбузда пихъ бижила.))

- Авар мацIалда глаголал заманазде хисула. Глаголалъул заман ун-къо буго: араб, гьанже, бачIунеб ва гIахьалаб заман. Нужеца хъварал предложениязулъ кинал глаголаз цебего, нилъ кIалъалелде лъугьараб иш бихьизабулеб? (биун буго, биана, рачIана.) Гьел рагIаби кинал суалазе жаваблъун рачIунел?

-Кинал глаголаз гьабсагIат, нилъ кIалъалеб мехалъ лъугьунеб иш бихьизабулеб? (тIегьалел руго.) Гьеб глагол кинаб суалалъе жаваб-лъун бачIунеб? Нилъ кIалъалеб мехалъ лъугьунеб иш гьанже зама-налъ бихьизабула.

-Кинал глаголаз нилъ кIалъан хадуб лъугьунеб иш бихьизабулеб? (бижизе буго, бижила.) Гьел глаголал кинал суалалъе жаваблъун рачIунел? Нилъ кIалъан хадуб лъугьунеб иш бачIунеб заманалъ бихьи-забула.

Авар мацIалда гIахьалаб заманги буго. Гьелъги цо хасаб заман гьечIого, иш бокьараб заманалда (цебеги, гьанжеги, хадубги) лъу-гьунеблъи бихьизабула ва щиб гьабулеб бугеб? абураб суалалъе жаваблъунги бачIуна.

III. Глагол заманазде хисараб куцалдеги гьезие лъурал суалаз-деги кIвар кьей (№ 284); 132 гьумералда кьураб теорияб баяналда тIад хIалтIи.

IV. Глаголалъул заманал рихьизаризе ругьун гьариялъул хIал-тIаби (№ 286, 287).

- Глаголалъул заман кин лъазабизе (чIезабизе) бегьулеб? (Суалаз-далъун.)

V. Рокъобе хIалтIи (№ 288).

59 дарс

Тема. Глаголалъул араб заман.

Дарсил мурад: суалазул кумекалдалъун араб заманалъул глаго-лал ратIа гьаризе ва хисизаризе ругьун гьари; гIадатал ва состави-ял араб заманалъул глаголал каламалъулъ битIун хIалтIизариялъул бажари лъугьинаби.

I. Рокъобе кьураб хIалтIул хал гьаби (№ 288).

- Нужеца хисарал глаголазда гьоркьоб магIнаялъул рахъалъ Ки-наб батIалъи бугеб?

II. Суалаздалъун араб заманалъул глаголал ратIа гьаризе ругьун гьариялъул хIалтIи (№ 289). (Бицун.)

III. Предложениял гIуцIизеги глаголал хисизаризеги ру-

гьун гьариялъул хIалтIи (№ 290). (Бицун.) Теорияб баян цIали.

IV. Таблицаялда рекъон, глаголал хисизари (№ 291).

V. Араб заманалъул глаголал каламалъулъ битIун хIалтIизаризе ру-гьун гьариялъул хIалтIи (№ 294).

VI. Дарсил хIасил гьаби.

  • Глаголалъул заман кин лъазабизе (чIезабизе) кколеб?

Араб заманалъул глагол кинал суалазе жаваблъун бачIунеб? Мисалал раче.

VIII. Рокъобе хIалтIи (№ 292).



60 дарс

Тема. Глаголалъул бачIунеб заман.

Дарсил мурад: бачIунеб заманалъул глаголал ратIа гьаризе ва, суалазда рекъон, гьел хисизаризе бугеб бажари лъугьинаби.

I. Рокъобе кьураб хIалтIул хал гьаби (№ 292).

ЦIалдохъабаз тексталъулъ ругел глаголал абула, гьезие суалал лъола ва заман бихьизабула.

II. БачIунеб заманалъул глаголал каламалъулъ битIун хIалтIиза-ризеги гьезие суалал лъезеги ругьун гьариялъул хIалтIи (№ 295).

III. Предложениял гIуцIизе ва бачIунеб заманалъул гIадатал ва составиял формаби лъугьинаризе ругьун гьариялъул хIалтIи (№ 296).

IV. БачIунеб заманалъул глаголал лъугьинариялъул бажари цебе-тIезаби (№ 297). (Бицун.)

  1. Предложенияздасан текст гIуцIи (№ 298).

  2. Теорияб баян цIали.

  3. Рокъобе хIалтIи (№ 301).

6I дарс

Тема. Глаголалъул гIахьалаб заман.

Дарсил мурад: гIахьалаб заманалъул глаголал ратIа гьаризеги гьезие суалал лъезеги бажари; гIахьалаб заманалъул глаголал кА-ламалъулъ битIун хIалтIизаризе бажари.

I. Рокъобе кьураб хIалтIул хал гьаби (№ 301).

II. Дарсил мурад бицин ва 141 гьумералда бугеб теорияб баян цIали.

III. ГIахьалаб заманалъул глаголазе битIун суал лъей ва гьел ратIа гьари (№ 302).

IV. Суалазда рекъон, хабар гIуцIи (№ 304).

V. ГIахьалаб заманалъул глаголал каламалъулъ битIун хIалтIи-зари (№ 305, 306).

VI. Рокъобе хIалтIи (№ 307).



Калам цебетIезабиялъул 9 дарс

Тема. Изложение.

Дарсил мурад: Планалда рекъон, гъалатIал риччачIого, изложе-ние хъвазеги батIи - батIиял каламалъул бутIаби мухIканго хIалтIи-заризеги бажари.

I. Тексталъулгун лъай - хъвай гьаби (№ 136).

Цин мугIалимас, цинги цIалдохъабаз жидецаго текст цIалула. Ха-дуб цIалдохъабаз тексталъул хIасилалда тIаса цоцазе суалал кьола.

II. ТIехьалдаса план цIали ва, гьелда рекъон, хабар бицин.

III. Текст хъвай.

IV. Хал гьаби.

62 дарс

Тема. Глаголалъул гьанже заман.

Дарсил мурад: суалазул кумекалдалъун гьанже заманалъул гла-голал ратIа гьаризеги цогидал заманаздаса гьел лъугьинаризеги ба-жари. ЦIалул бажари борхизаби ва калам цебетIезаби.

I. ГъалатIазда тIад хIалтIи гьаби. Дарсил мурад бицин.

II. Гьанже заманалъул глаголал щиб гьабулеб бугеб? щиб лъугьу-неб бугеб? абурал суалазе жаваблъун рачIунеллъи бихьизаби (№ 309, теорияб баян цIали).

III. Сураталде балагьун, текст гIуцIи (№ 308).

IV. Гьанже заманалъул глаголал лъугьинари (№ 310).

V. Рокъобе хIалтIи (№ 311).

63 дарс

Тема. Глаголал заманазде хиси.

Дарсил мурад: глаголал заманазде хисизе бугеб бажари цебе-тIезаби.

I. Рокъобе кьураб хIалтIул хал гьаби (№ 311).

II. Дарсил мурад бицин.

III. Глаголал заманазде хисиялда хадуб халкквей (№ 312).

ЦIалдохъабаз, таблицаялда рекъон, ине, кIанцIизе абурал глаго-лал заманазде хисула ва, баян кьолаго, хъвала.

IV. Глаголал заманазде хисизе ругьун гьариялъул хIалтIи (№ 316).

V. Глаголалги бачIунеб заманалде хисун, текст, тIаде балагьун, хъвай (№ 315).

VI. Эркенаб диктант (№ 317).

МугIалимас текст тIубанго цIалула.

- Гьаб текст хабариябищ яги сипатиябищ бугеб?

- Тексталъулъ гIанкIил сипаталъул кина - кинал хаслъаби ри-хьизарун ругел?

МугIалимас текст кIиабизеги цIалула ва цIалдохъаби гьелъулъ гла-голал ратизеги гьезул заман бихьизабизеги тIамула.

МугIалимас текст, бутIабаздеги бикьун, цIалула, цIалдохъабаз хъвала ва глаголазда гъоркь хIучч цIала.

  1. Рокъобе хIалтIи (№ 314).



64 дарс

Тема. Глаголал предметияб цIаргун рекъон ккей.

Дарсил мурад: жинсиял глаголазулгун лъай - хъвай гьаби; пред-ложениялъулъ рагIаби рекъон ккезаризе бугеб бажари цебетIезаби.

I. Рокъобе кьураб хIалтIул хал гьаби (№ 314).

II. Жинсиял глаголазулгун лъай - хъвай гьаби (№ 320).

III. Предложениял членазде риххи ва 148 гьумералда бугеб цIалдо-хъанасул суалалъе жаваб кьей (321 хIалтIи ва теорияб баян).

IV. Предложениялъулъ рагIаби рекъон ккезаризе ругьун гьари (№ 322). (Бицун.)

V. ГъалатIалги ритIизарун, текст хъвай (№ 326).

VI. Дарсил хIасил гьаби.

- Предметиял цIаралгун глаголал кин рекъон кколел?

VII. Рокъобе хIалтIи (№ 323).

65 дарс

Тема. Контролияб диктант.

Дарсил мурад: Глаголалъул хIакъалъулъ щвараб лъаялъул хал гьаби.

ЦIунцIраги миккиги.

ЦIунцIра лъарахъе, лъим гьекъезе, ана. Гьулчун бачIараб кара-челалъ гьеб лъелъе ккезабуна. МиккигъотIода букIана цо микки. Гьелда цIунцIра гъанкъулеб бихьана. Миккиялъ гьелъие кумекалъе гъотIодаса цо тIамах рехана. ЦIунцIра тIанхиде бахана. Гьелъул кумекалдалъун къватIибе борчIана ва цIакъ бохана.

Гьелдаса хадуб чанахъанас, микки кквезе, цIалкIу гъуна. Микки цIалкIикье ккезехъин букIана. ЦIунцIра чанахъанасул хIатIиде баха-на ва хIанчIана. Чанахъанас хIетIе хъасана. ЦIалкIида бухьун букIараб квар цIазе кIочана. Мугьалги рищун, миккиги боржана.

ТIадкъаял. I. Щуабилеб ва анцIила цоабилеб предложениял чле-назде риххизе. 2. Ункъабилеб ва анлъабилеб предложенияздаса гла-голал жал рекъон ккарал предметиял цIаралгун, ратIа росун, хъвазе.



ЛъагIалида жаниб лъазабураб материал такрар гьаби.

66 дарс

Тема. Предложениялъул хIакъалъулъ щвараб лъай гIаммлъизаби.

Дарсил мурад: каламалъулъ предложениялъул ва рагIул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ щвараб лъай мухIкан гьаби; каламалъулъ предложениял битIун хIалтIизариялъул бажари цебетIезаби.

I. "Предложение" ва "РагIи" абурал бичIчIиял дандекквей (№ 330).

ЦIалдохъабаз суалал цIалула, жалго жидедаго чIун, гьезие жава-бал кьола, ва, жаваб битIун кьун бугищали хал гьабизе, учебни-калда ралагьула. ТIехьалдаса мисалал хъвала, жидецагоги рачула.

II. Предложениял членазде риххи (предложениялъул синтаксисияб разбор) (№ 332).

- Предложениялъулъ магIнаялъул рахъалъ цоцада рухьарал Ра-гIаби кин ратулел? (Цояб рагIудаса цогиялда суал лъеялдалъун.)

- Сунда абулеб рагIабазул дандрай?

III. Предложениял гIуцIи, гIакса магIнаялъул рагIаби ургъи (№ 334).

IV. Рокъобе хIалтIи (№ 331) .

67 дарс

Тема. Тексталъул хIакъалъулъ щвараб лъай гIаммлъизаби. РагIул магIнаял бутIаби.

Дарсил мурад: тексталъул хаслъабазул хIакъалъулъ цIалдохъабазе щвараб лъай мухIкан гьаби; рагIул магIнаял бутIабазул (морфема-базул) хIакъалъулъ щвараб лъай гIаммлъизаби.

I. Рокъобе кьураб хIалтIул хал гьаби (№ 331). Дарсил мурад би- цин.

II. Тексталъул хаслъабазул хIакъалъулъ щвараб лъай такрар гьаби (№ 335).

III. Текст гIуцIи (№ 337).

IV. РагIул магIнаял бутIабазул щвараб лъай гIаммлъизаби (№ 341).

V. Суффиксазул кумекалдалъун цIиял рагIаби лъугьинари (№ 340).

VI. Рокъобе хIалтIи (№ 342).



68 дарс

Тема. Каламалъул бутIабазул хIакъалъулъ щварал баянал такрар гьари.

Дарсил мурад: предметияб цIаралъул, прилагательноялъул, глаго-лалъул хIакъалъулъ цIалдохъабазе щвараб лъай гIаммлъизаби; гьел цоцаздаса ратIа рахъизеги каламалъулъ гьездасан пайда босизеги бугеб бажари цебетIезаби.

I. Диктант хъвай. Тексталъулъ каламалъул бутIаби рихьизари (№ 346).

II. Жиде - жидее хасал гIаламатаздалъун каламалъул бутIаби дандекквей (№ 347).

III. Текст гIуцIи, предметияб цIар ва прилагательное гъорлъ ру-гел рагIабазул дандраял рати (№ 350).

IV. Заман хутIани, 355 хIалтIи тIубай. (Бицун.)

6 Гьанибги хадубги скобкабазда жаниб кьун буго учебникалда ругел х1алт1абазул номерал.

7 РагIул фонетикияб разбор гьабулеб къагIида учебникалда кьун буго (4 номер).

8 Диктант т1обит1улеб къаг1ида цебехун бихьизабун буго.

9</<font size="4"> "Раг1абазул дандрай" абураб бич1ч1иялъулгун ц1алдохъабаз хадусеб дарсида лъай - хъвай гьабула.



 
 
X

Чтобы скачать данный файл, порекомендуйте его своим друзьям в любой соц. сети.

После этого кнопка ЗАГРУЗКИ станет активной!

Кнопки рекомендации:

загрузить материал