7


  • Учителю
  • Дагъистаналъул машгьурав шаг1ир Расул Х1. 93 сон т1убаялде.

Дагъистаналъул машгьурав шаг1ир Расул Х1. 93 сон т1убаялде.

Автор публикации:
Дата публикации:
Краткое описание:
предварительный просмотр материала


Дагъистаналъул машгьурав шаг1ир-Расул Х1амзатовасул 92 сон т1убаялде хурхун т1обит1улеб байрам.

Х1адур гьабуна авар мац1алъул

муг1алим Дибирова П.М.

2015с.

Вед.1 Г1исаева Аят.

Жакъасеб нижер церерахъиналъул аслияб мурад буго,дунялалдаго ц1ар раг1арав унго-унгояв патриот - Расул Х1амзатов ва гьесул маг1на гъваридал, пасих1лъи ц1ик1к1арал асарал нилъер рак1азулъ рук1ин.


Вед.2 Камилова Пат1имат.

Хвалчадул бег1ерлъиялъги, тавакалаб рак1алъги,

Дагъистаналъул эркенлъиялъе г1оло 25-го соналъ

къеркьарав Шамиль имамасул ц1ар дунялалдаго

машгьураб бук1ун батани, хадув даимаб реццалъе

мустах1икълъана Расул Х1амзатовги.

Бице,-эбел Ват1ан, бице Дагъистан

Мун разияб гьеч1ищ дур васаздаса,

Мустах1икъав вугищдун дур ц1аралъе

Ц1адулъ парпадулел,дур байрахъазе.


Г1исаева Аят.

Раг1и кьола 8абилеб классалъул ц1алдохъабазе.


Камилова Пат1имат.

Расул Х1амзатовасул рек1елъ кидагосеб анищлъун бук1ана Дагъистаналда даимаб ракъел, вацлъи, гьудул - гьалмагълъи бук1ин. Гьелда хурхун хъвана рик1кен г1емерал асарал.


Г1исаева Аят.

К1иявго бах1арчиясе, шаг1ир Х1ажи Гъазимирзоевас сайгъат гьарун руго гьал раг1аби.

«Шамиль лъана хвалчаца,

Расул лъана коч1оца-

Цо муг1рул к1иго г1идра

Г1емерлъаги Дагъистан.

Шамилил шиг1ру - Ват1ан,

Расулил шиг1ру - Ват1ан

Цо пандрида к1иго ч1ва

Ч1ахъаги мун Дагъистан.»


Расул Х1амзатовасул г1умруялдаса слайд.


Камилова Пат1имат.

Расулие ц1акъ хирияб бук1ана Дагъистан, хасго маг1арухъ берцинаб т1абиг1ат, рорхатал муг1рул,бах1арчияб халкъ.

Огь, дир маг1аруллъи, дир г1агараб ракь,

Дур багьадуразул гьунар, лебаллъи!-

Тушбабаца бут1рул къот1ананиги,

Къисас босич1ого г1одор кколарел.

Бокьула, бокьула, дир гьит1инаб халкъ,

Бокьула, бокьула, дир к1удияб халкъ!


Г1исаева Аят.

Расул Х1амзатовас хъварал аза-азар асаразда гьоркьоб «Хъах1ал къункъраби» абураб кеч1алъ кола хасаб бак1. Гьеб асар шаг1ирас сайгъат гьабураб буго Ват1анияб рагъда, нилъер эркенлъиялъе ва г1умруялъе г1оло бах1арчиго хварал гьайбатал васазе.


Раг1и кьола Ризалова Г1айшатие 11 кл. ц1алдохъан.

Мух1амадов Шамил.

Маг1арулазул хирияв, дагъистаналъул халкъияв поэт Расул Х1амзатов гьавуна 1923 соналъ Хунзахъ районалъул Ц!ада росулъ. Гьеб росулъ инсул минаялда рагъида т1амураб оцол т1омодаги вегун гьаабуна 11 сон барав Расулица жиндирго т1оцебесеб кеч1.

Гьелдаса нахъе киве кканиги, киг1ан рик1к1ад вугониги Расулил пикраби рук1унаан Дагъистаналда, г1агараб т1алъиялда.


Ризалова Г1айшат.

Афиналда вук1а, Парижалде щва-

Пикрабаз къвал байгун, къаси сардида

Дида т1адмаг1арул кьурул свераби,

Кьижич1ого, киг1ан рихьарал макьилъ.

Дудаса рик1к1аде киве щваниги

Дица кеч1 ах1ана дуде дир т1алъи,-

Къварилъи щварабго, огь, дур щулалъи,

Ургъелаз къвал байгун, къвак1и лебаллъи!


Раг1и кьола 11абилеб классалъул васазе.

Расул Х1амзатовасде гьарурал куч1дул ц1алила

Байсугъуров Р.

Г!алиев А.

Мух1амадов Х!.

Камилова Пат1имат.

Расул Х1амзатовасул куч1дул т1оцере басмаялде рахъана 1938 соналъ. Т1оцебесеб т1ехь ккола «Х1асратаб рокьиги боркьараб ццинги» абураб. Гьелдаса нахъе ц1алдолезе щвана хъвадарухъанасул бат1и-бат1иял мац1алда рахъарал г1езег1ан т1ахьал.Поэт живгоги мустах1икълъана улкаялъул ва халкъалда гьоркьосел бищун мустах1икъал ц1аразе ва щапакъатазе.Гьесул ц1ар гвангъана адабияталъул машгьурал вакилзабазул кьеразулъ.


Г1исаева Аят.

Маг1арул мац1алда рахъарал т1ахьазда гьоркьоб к1вар бугеб бак1 ккола Расул Х1амзатовасул 6томалде данде гьарурал асараз. Гьел т1ахьазда цадахъ адабияталъул хазиналда гьоркьоре ана нилъер улкаялъул ва къват1исел пачалихъазул ункъогог1ан мац1алде руссинарурал Расулил т1ахьал. Гьезие кьуна мустах1икъаб ц1ар.


Расул Х1амзатовасул г1умруялдаса слайдал.


Г1исаева Аят.

Жинцаго Х1амзатил Расулица абухъе гьев вуго к1иго росулъа чи. Цо вижараб ва г1ураб Ц1ада росу, цогияб абуни-т1олго дуниял.

Цоги росу буго дир,

Гьеб росдада ц1ар гьеч1о,

Ц1ада г1адаб-хирияб,

Дир г1агараб, бат1ияб.

Гьеб росу биххун буго

Кинабго дунялалда-

Дагъистан, Грузия,

Россия, Франция.

Гьеб росдал васал руго

Америкалъ, Китаялъ,

Кирехун рук1аниги,-

Гьебги дир росу буго.

Камилова Пат1имат.

Поэтасда к1вана,гьесухъа бажарана гьеб к1иябго росдал г1адамал мац1-ц1ар,г1амал-г1адат,къисмат тарих бат1иял ругониги,гьезул ургъелги хьулги цого бук1ин,гьезие х1ажатал рук1ин г1адатиялги раг1аби:чед,гурх1ел,рекъел,сахаватлъи,гьез рак1ал ва бак1ал бат1иял ругониги,цоцаде ц1алел рук1ин,гьел г1агар гьарулел рук1ин баян гьабизе.

Викторина.


Камилова Пат1имат.

Исана ункъоялда анц1ила к1иго сон т1убалаан мунагьал чураяв Расул Х1амзатовас.Гьев г1адатияв инсан-г1акъилав шаг1ир вук1ана рак1 г1анч1ав чи. Гьесул бук1ана бокьараб лъугьа-бахъиналда, санаг1атаб бак1алда ва заманалда х1алт1изабулеб г1ужилаб, г1адамазда ц1а гъолеб юмор.


Г1исаева Аят.

Г1адада гуро Расулил г1ужилаб калам, кепаб хабар г1адамаз цоцахъе кьолеб, гьез цоцаздаса хъвалеб, лъазабулеб. Бег1ераб сатираялъул куч1дулги руго гьесул. 1981 соналъул лъаг1алие кьолеб «Крокодил» журналалъул премияги щун бук1ана гьесие.

Расул Х1амзатовас г1емер абулаан:

-Дир ч1ужу йиго Пат1имат, яс Пат1имат, яц Пат1имат, якьадги Пат1имат. Гьединлъидал дун вуго Пат1иматазул г1елмабазул доктор.


Камилова Пат1имат .

Расул Х1амзатовасул махсарабазул гьит1инал сценкаби. Раг1и кьола 7абилеб классалъул ц1алдохъаби.


1.Залалдаса Расул Х1.суалал кьолел руго…

2.Расул унтун вук1ана рокъов…

Г1исаева Аят.

Расул Х1амзатовас жиндирго поэмаялъулъ хъвалеб буго:

-Бокьула, Мух1амад, дие гьаб дунял,

Дунялалда бищун гьаб нилъер улка!

Дица к1вараб куцалъ,кинабго рахъалъ

Куч1дулъ гьеб ах1ана, жеги ах1ила.

Ва амма бат1аго цоги рокьиялъ

Бокьула г1ураб ракь, маг1арул т1алъи.

Лъаларо кивехун дун хвелевали.

Амма хоб бокьила гьаниб бук1ине.

Щиб лъалеб, хабада цересан унел

Цо-цо нухлулаца, дир х1исаб гьабун,

Гьав нилъер Х1амзатил Расул вугилан,

Х1асратаб маг1арул мац1алъ абилеб.


Камилова Пат1имат.

2003 соналъул 3 ноябралда къот1ана Бищунго хирияв,Дагъистанго ч1ух1изабурав Расул Х1амзатовасул ц1алеб х1ухьел, х1алуцун кьабулеб рак1.Гьев камуна Дагъистаналъе гуревги т1олабго Россиялъе.Нилъее гьев вук1ана канлъи кьолеб чирахълъун. Расулие къадар щведал, гьеб рек1еда унтич1ев чи кивго хут1ун ватиларо. Киг1ан Расулие маг1арухъ хоб бокьананиги,гьеб гьесие щвеч1о. Гьесул лъабайго ясалъе эбелалда аск1об бокьана инсулги хоб бук1ине. Расул Х1амзатов вукъана Мах1ачхъалаялда.Расул хваниги,гьесул хвел гьеч1ел асарал хут1ана нилъер рек1елъ.

Ризалова Г1айшат 11 кл.

Расул Х1амзатовасде гьабураб кеч1.

Камилова Пат1имат.

Х1амзатил Расулил асаразул бицунаго,к1вар буссинабизе мустах1икъаб буго гьесул хъвадарухъанлъиялъ маг1арулазул гуребги, т1олго Дагъистаналъул миллатазул рух1ияб г1умруялъе гьабураб ч1аголъиялъул.Шаг1ирасул г1емерисел асарал лъугьана унго-унгояллъун халкъиял куч1дуллъун. Гьел куч1дуз бечед гьаруна нилъер бакънал ва киса-кивего Расул Х1амзатов машгьурлъизавуна.


Г1исаева Аят.

Расулил куч1дул лъугьана киноялъул ва эстрадаялъул кьуч1лъун, гьезул маг1наялда ва пикруялда рижана суратал,памятникал,рохалил байрамал. Гьез бечед ва берцин гьабуна нилъер г1умру ва ч1аголъи.

Дунялалдаго ц1ар раг1араб Расулил «Къункъраби» абураб кеч1 ах1ула маг1арулазги г1урус эстрадалъул коч1охъабазги.

«Журавли» группа «Серебро».






 
 
X

Чтобы скачать данный файл, порекомендуйте его своим друзьям в любой соц. сети.

После этого кнопка ЗАГРУЗКИ станет активной!

Кнопки рекомендации:

загрузить материал