7


  • Учителю
  • Тестовая работа по аварскому языку

Тестовая работа по аварскому языку

Автор публикации:
Дата публикации:
Краткое описание:
предварительный просмотр материала

Авар адабияталъул тестал.





1.«Дир рак1 муг1рузда буго» абураб поэмаялъул авторасул ц1ар бице? (Б)

А. Г1адало

Б. Расул Х1амзатов

В. Ц1адаса Х1амзат

Г. Лъаларо

2.Гьаниб гьоркьоб биччан бугеб раг1и бит1ун абе;

Т1аг1ана Бестужев,хвана …

Хириял дур лъимал… Нижер Кавказалъ

Киг1ан гьел рукъарал,къаналги т1ад ч1ван

Гьезул ц1арал халкъалъ ц1унула рек1елъ.

А.Полежаев

Б.Максимов

В.Лермонтов

Г.Лъаларо

3.Гьаб асаралъул ц1ар бице;(Б)

«Г1адамазе жидерго мац1 хирияб бугин абураб жо ккола эбел-инсуе лъималги лъималазе эбел-эменги хириял ругин абураб жо»

А.«Даргиязул ясал»

Б.«Дир Дагъистан»

В.«Кини»

Г.«Лъаларо»

4.«Авар мац1» абураб коч1ол жанр баян гьабе; (Б)

А.Поэма

Б.Эпосияб кеч1

В.Лирикияб кеч1

Г.Лъаларо

5.Г1абдулмажид Хачаловасул гьавураб ва хвараб тарих бит1ун бихьизабе; (А)

А.1925-1994

Б.1924-1994

В.1923-1993

Г.1925-1993

6.«Дир Дагъистаналъул» аслияв багьадур щив кколев? (Б)

А.Абут1алиб Гъапуров

Б.Живго автор

В.Ц1адаса Х1амзат

Г.Х1ажи-Мурад

7.Расул Х1амзатовасул кинаб асаралъул эпиграфлъун кколел гьал раг1аби; (Б)

Дун рик1к1ада вуго

Рак1 муг1узда буго…

А.«Маг1арулай»

Б.«Дир рак1 муг1рузда буго»

В.«Дир Дагъистан»

Г.«Милъиршаби»

8."Хваразул ц1аралдасан» абураб поэмаялъул аслияб пикру баян гьабе; (А)Г1.Хачалов

А. Рагъда хварал к1очене бегьуларо

Б. Халкъалъул тарих лъазабизе ккола

В. Рагъалде данде къеркьезе ккола

Г. Лъаларо

9. «Рак1алъ ц1а г1олеб буго» абураб асаралъул авторасул ц1ар бице; (В)

А. Расул Х1амзатов

Б. Г1абдулмажид Хачалов

В. Машидат Гъайирбекова

Г. Лъаларо

10.Гьаб коч1ол роцен бит1ун ч1езабе; (В)

Мармарги варакъги гьарулел руго

Гьабе г1адатияб нилъерго ганч1ил

Годек1аниб гьабе,хабалалъ гьабе

Гьелда даг1ба гьеч1о киб бук1аниги.

А. 10-го гьижа

Б. 9-го гьижа

В. 11 гьижа

Г. 8-го гьижа

11.Муса Мух1амадовасул «Манарша» абураб асаралъул жанр бице? (В)

А. Хабар

Б.Роман

В.Къиса

Г.Лъаларо

12.«Манаршаялда» бицен гьабулеб лъугьа-бахъин ккараб росдал ц1ар бице? (Б)

А. Бекьилъ

Б.Бакъдаб

В.Бакьагьеч1иб

Г.Бакълъухъ

13.«Манаршаялда» йигей г1урус муг1алималъул ц1ар бице? (В)

А. Марина Ивановна

Б. Вера Васильевна

В. Мария Антоновна

Г. Вера Антоновна

14.Асаралъул кинаб бет1ералда Х1айдарица т1адбуссинабураб Манаршае гьелъул хъах1илаб квербац1ц1? (В)

А. Т1оцебесеб

Б.К1иабилеб

В. Лъабабилеб

Г. Щуабилеб

15.Х1ажи Гъазимирзоевасул гьаб коч1ол ц1ар бице? (А)

Тамаша, гьанже щай муг1рул пандуралъ

Муг1рул к1очон тарал бакънал рачунел?

Г1ащикъав шаг1ирас сунт1а бахиллъун

Къаралазул бакънал къине тун ругел?

А. «Гьудуласде»

Б. «Лъалхъуге дир барти»

В. «Васасде»

Г. «Лъаларо»

16.Маг1арул кинаб росулъ гьавурав Х1ажи Гъазимирзоев? (В)

А. Балахьунив

Б. Буртунаялда

В. Бакьагьеч1ив

Г. Лъаларо

17.Гьаб коч1ол ц1ар бице? (А)

Йижараб росу тун,сапаралъ индал,

Бусен,къаданиб жо къвак1араб ккани,

Мун гьаюрай бабул х1еренлъи босун,

Х1улидул бусенлъун т1ибит1е, месед.

А. «Эбелалъул кеч1»

Б. «Коч1олъ батана дир рух1»

В. «Поэтал»

Г. «Лъаларо»

18. «Эбелалъул кеч1» абураб коч1ол автор щив? (В)

А. Х1ажи Гъазимирзоев

Б. Мух1амад Ах1мадов

В. Машидат Гъайирбекова

Г. Лъаларо

19.Муса Мух1амадовасул «Манаршаялда» гьал раг1аби лъица абурал? (Б)

«Дийа пикру гьабулеб бук1ана, Манарша, гьаб дурр кеч1алъул. Кин рокьиги ккеч1ого, рокьул х1акъалъулъ гьедин ах1изе к1олеб»

А. Катуралъ

Б. Х1айдарица

В. Сайгитица

Г. Лъаларо

20.Х1ажи Гъазимирзоевасул «Васасде» абураб коч1ол пикру баян гьабе? (А)

А. Г1аданлъи ц1унизе ккола

Б. Аваданав вук1ине ккола

В. Росулъе щвезе ккола

Г. Лъаларо

21.Фазу Г1алиевалъул «Кини» абураб асаралъул жанр баян гьабе? (В)

А. Къиса

Б. Роман

В. Хабар

Г. Лъаларо

22. Г1абасил Мах1амадил «Саба-Меседо» абураб пьесаялъул жанр бице? (В)

А. Комедия

Б. Драма

В. Трагедия

Г. Трагикомедия

23. «Саба- Меседоялда» бицен гьабулеб лъугьа-бахъин ккараб тарих бице? (А)

А. 1485 сон

Б. 1584 сон

В. 1846 сон

Г. 1548 сон

24. Гьаб асаралъул авторги ц1арги бице? (Б)

«Шагьар г1агарлъанаг1ан, хъудиги нак1к1лъун т1ад бигъун ч1араб к1к1уйги г1емерлъулеб бук1ана. Дагьабго заманалдасан туристазул гьаркьигъараб къокъа нек1сияб шагьаралъул къват1азде лъугьине бугоо»

А. Багъатар «Севералда бугеб дир милъирщо»

Б. Г1арип Расулов «Хазина»

В. Фазу Г1алиева «Кини»

Г. Лъаларо

25.Щиб махщелалъул г1адан колей Багъатарил « Севералда бугеб дир милъирщоялдаса» Лидия? (Б)

А. Муг1алим

Б. Художник

В. Тохтур

Г. Фотограф

26. Г1абасил Мах1амадил «Саба-Меседоялда» лъица абурал гьал раг1аби? (В)

Аллагь гуресе

Къулулареб г1адат маг1арулазул!

Хекко т1аде яхъа! Бихъун унеб рак1

Рек1араб ц1адулъе ц1аге дуца дир.

А. Булачица

Б. Баланурица

В. Г1андуник1ица

Г. Аракоца

27.Г1арако маг1арда Саба-Меседо ц1орозайизе Г1андук1ие г1акълу лъица кьураб? (А)

А. Г1алимирзаца

Б. Аракоца

В. Булачица

Г. Баланурица

28.Маг1арул хъвадарухъан Багъатарил фамилия щиб? (Г)

А. Х1амзатов

Б. Х1абибов

В. Х1асанов

Г. Х1ажиев

29.Г1арип Расуловасул «Хазина» абураб хабаралъул багьадур Г1абасица рагъул соназда партизанлъи киб гьабураб?

А. Болгариялда

Б. Македониялда (ракьалда)

В. Грециялда (муг1рузда)

Г. Турциялда

30.Маг1арул шаг1ир Мух1амад Ах1мадовасул росдал ц1ар бице? (Б)

А. Гъуниб

Б. Гьонода

В. Гьарак1униб

Г. Лъаларо

31.Щиб миллаталъул вакил кколев Хизгил Авшалумов? (В)

А. Татарав

Б. Табасаранав

В. Татав

Г. Туркав

32.Муса Мух1амадовасул «Манарша» хабаралдаса шагьаралъул театралда Манаршаца ах1араб ария кинаб операялдаса бук1араб? (В)

А. «Борис Годунов»

Б. «Спартак»

В. «Евгений Онегин»

Г. Лъаларо

33.Нурудин Юсуповасул «Гьавураб къодул» жанр бице? (В)

А. Кеч1

Б. Маргьа

В. Поэма

Г. Хабар

34.Фазу Г1алиевалъул «Кини» абураб асаралда устар Асадулагь щиб росулъа кколев? (В)

А. Кьохъа

Б. Колоса

В. К1ахъа

Г. Лъаларо







 
 
X

Чтобы скачать данный файл, порекомендуйте его своим друзьям в любой соц. сети.

После этого кнопка ЗАГРУЗКИ станет активной!

Кнопки рекомендации:

загрузить материал