7


  • Учителю
  • Урок 'Путешествие в страну Фонетика'

Урок 'Путешествие в страну Фонетика'

Автор публикации:
Дата публикации:
Краткое описание:
предварительный просмотр материала

Дарсил мурад: цIалдохъабазда авар алфавит; гьелъул

хIарпал; ва алфавиталда жаниб хIарпазул

тартиб лъай.

Дарсил алатал: авар алфавит,суратал,

карточкаби,кагътил гъарурал

гуми, бассейн.

Дарсил план: I орг. момент.

Учитель: Ассаламу гIалайкум , хириял цIалдохъаби! Жакъа нилъ данделъун руго нилъерго лъай ,гьунар, цIалуде бугеб гъира ,авар мацIалде бугеб рокьи ,бихьизабизе.

Жакъа нилъер дарс гIадатияб гьечо. Гьеб букIине буго дарс -сапар. Сапаралъ нилъ щвезе руго гIажаибаб улкаялде - Фонетикаялде.

Сунда абула Фонетика?

( ЦIалдохъабазул жавабал).

Лъай -хъвай гьабизе буго гьелъул батIи-батIиял шагьаралгун, гьенир гIумру гьабулел хIарпалгун ва гьаркьалгун .Жиб-жиб шагьаралда нужеда ратизе руго нужее къачарал батIи-батIиял тIадкъаял, хIаял ,расандаби ва гь.ц.

- Балагье, гьале гьеб улка. Сунда гьеб релълъараб бугеб?

-Салул авлахъалда (пустыня).

Щиб гьениб бижулеб?

(ЦIалдохъабазул жавабал ).

Амма нилъер гьаб улка Фонетика гIажаибаб ва хIикматаб буго.Гьениб рижулел руго хер-чахI гуреб, хIарпал ва гIумру гьабулеб буго рухIчIаголъабаз гуреб, батIи-батIиял гьаркьаз.

Нилъ гьеб улкаялда щвезе руго кIудияб гамида тад. ЦIарги гьелда буго «Щуабилеб класс». ЦебечIезабе ,хириял цIалдохъаби ,гьеб гамида тIад нуж ругилан ва Фонетика улкаялде къокъунел ругилан.

Физминутка: Лъедон, лъедон а ,гама,

Гучаб ралъдал раг!алде,

Кибехунго гьет!уге,

Бит!ун цебе нух босе.

-Гьале нилъ щвана тIоцебесеб шагьаралде. ЦIар буго гьелда «Каламалъул гьаркьал».

Суалал: 1.Сунда абула каламалъул гьаркьал?

2.Кинал каламалъул лугбазул кумекалдалъун лъугьуна гьаркьал?

Гьале гьал шагьаралъулаз нужее кьолеб тIадкъай ,лъараз квер борхе ва бице. Лъаразе- гама. Гьал руго бицанкIаби-гьеле гьел каламалъул лугбазда тIасан:

1.БагIараб мокъида хъахIал гIанкIаби.(цаби).

2.КIалъанаган свакалареб, квананагIан гIорцIулареб.(мацI ).

3.Цо минаялда жанив лъебералда кIиго вац,

ХIалтIи букIа ,хIалхьи букIа цадахъ лъугьун гьабулел.( цаби).

Гьале нилъеца къо-мех лъикI гьабуна «Каламалъул гьаркьал» шагьаргун. Нилъ церехун унел руго.

Физминутка: Лъедон, лъедон а ,гама,

Гучаб ралъдал раг!алде,

Кибехунго гьет!уге,

Бит!ун цебе нух босе.

-Хириял лъимал!

Гьале нилъ щвана иргадулаб шагьаралде. ЦIар гьелда буго «Рагьарал ва рагьукъал гьаркьал».

Суалал:1.Кинал гьаркьазда абула рагьарал гьаркьал?

2.Гьел чан ругел?Лъица рикIкIилел?

3.Кинал гьаркьазда абула рагьукъал гьаркьал?

( Рокъобе хIалтуIл хал гьаби).

Гьал шагьаралъулаз нужее гьадинаб расанди хIадурун буго: дицо торгIо рехараз хеккого бицине ккола дица абураб гьаракь кинаб (рагьараб, рагьукъаб)бугебали. (ХIасил бачин).

Къо-мех лъикI гьабизе заман щвана гьаб шагьаргунги. Нилъ церехун къокъонел руго.

Физминутка: добго

Хириял цIалдохъаби! Гьале нилъ щвана «Алфавит» абураб Фонетикаялъул цоги шагьаралде. Гьеб шагьаралде нуж жеги щун рукIинчо.Гьеб ккола нилъер жакъасеб цIияб дарс.

Хъвай къо-моцI.

Учителасул баян: ЦIакъго цебе заманалда гIадамазда хъвай- цIали лъалеб букIун гьечо.Гьединлъидал жидерго мурадал цоцазда ричIчIизаризе гьез пайда босулеб букIун буго гIицго кIалзул каламалдаса. Цинги хадуб дагь-дагьккун хъвай-хъвагIайги баккун буго ва гьеб халкъалда гьоркьоб тIибитIун буго.

Нилъер кIалзул каламалъулъ рагIаби гIуцIарал рукIуна гьаркьаздасан , хъвавул каламалъулъ ругел рагIабиян абуни- хIарпаздасан. Гьел хIарпаз рихьизарула нилъер каламалъул гьаркьал.

ХIарпазул буго цо чIванкъотараб , къабул гьабураб тартиб. Гьединаб тартибалда сокIкIарал хIарпазда абула АЛФАВИТИЛАН.

Авар алфавиталда руго 46 хIарп, гьездаса 34 хIарп рагьукъаб ,10 хIарп рагьараб ва кIиго хIарп Ь,Ъ жидер данд рекъараб гьаракь гьечIеб.

Гьаб шагьаралъулаз нужее гьадинаб тIадкъай кьолеб буго.

1.Цебе цо хIарпги лъун, батIи-батIиял предметиял цIарал лъугьинаризе:

…ер , …ер, …ер, …ер, …ер, …ер, …ер, ..ер,

2.Техьгун халти: халти 265,гьум 95.

3.Гьал харпаздасан халатаб раги лъугьинабе:

Б ,А ,С ,Д ,КЪ , Е , Б , С , У.

-Хириял цIалдохъаби! Гьале нилъер дарс-сапар ахиралде щолеб буго. Амма лъай- сапар гьалдалъун лъугьунаро. Халатаб ва интересаб букIуна лъаялда хадуб бухьараб сапар. Нуж жеги батIи-батIиял шагьаразде щвела..

ГьабсагIат дие бокьун буго жакъа нужеда лъараб жоялъул хIасил бачине:

1.Бокьанищ нужее жакъасеб дарс?

2.Щиб цIияб жо жакъа дарсида нужода лъараб?

3.Сунда абула алфавитилан?

4.Кинаб батIалъи бугеб гьаркьилги хIарпалъулги?

5.Авар мацIалда чан рагьараб ,чан рагьукъаб харп бугеб?

( ХIасил бачин ).

Рокъобе тIадкъай: Алфавит ,халти 260

Гьанже балагье щивасухъ чан гама бугеб? Рахъе ралъдал рагалде гамиде рекине вагуми лъелъе риччазе.

-Лъедон ,лъедон а ,гама…..



 
 
X

Чтобы скачать данный файл, порекомендуйте его своим друзьям в любой соц. сети.

После этого кнопка ЗАГРУЗКИ станет активной!

Кнопки рекомендации:

загрузить материал